Гьал къоязда Дагъистаналде рачIун рукIана «Вместе.РФ» абураб федералияб (федерациялъул советалъул) телеканалалъул мухбирзаби Артем Пашнин ва Михаил Чупрасов. Гьезул масъала букIана Федерациялъул советалда тIоритIизе ругел «Дагъистаналъул къоязде» республикаялъул социалиябгун экономикаялъул гIумру бихьизабулеб программаялъе материал хIадур гьаби (передачаби рихьизаризе руго ОРТ ва Россия-24 каналаздасанги). Гьел щвана Гъарабудагъкент, Хъунзахъ, Бабаюрт, Гъуниб районазде. СалтIа...

