Гьал къоязда басмаялда бахъана «ХIакъикъаталъул» нусго сонилаб тарихалъул хIакъалъулъ газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абураб тIехь. Гьединаб басма республикаялъул цониги газет-журналалъул гьечIо. П. Пайзулаевас гьелъие материал бакIарана чанго соналъ. Гьелъие гIоло гьев ваккизе ккана пачалихъ- иял архиваздеги. Гьанжеялдаса 70-80 соналъ церего газеталда хIалтIулел рукIарал гIадамазул хIакъалъулъ...

