ГIиял гьан 100 гъурущалъ хиралъана

 

     Республикаялда кванил нигIматазул багьабазда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул бицараб данделъи тIобитIана 9 марталда ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул бетIерлъиялда гъоркь. Гьенир гIахьаллъана цо-цо районазул нухмалъулелги.

    ГI. ГIабдулмуслимовас абуна чара гьечIого гIадамазе хIажалъулел цо-цо кванил нигIматазул багьаби республикаяда гьабсагIат чIара-хьараб хIалалда ругин. Амма тIаде жубана ахираб кIиго-лъабго анкьида жаниб гIиял гьан циндаго хиралъанин. Гьедин 400-420 гъурщиде бахун буго гьеб.

    Росдал магIишаталъул министр БатIал БатIаловас абуна гьеб бараб букIанин гIияхъабаз хасел тIамулел бакIазда гIунгутIаби загьирлъиялдаги, гIияе кIалцIи-хер хиралъиялдаги, гьан гIезабулеб гIуж жеги щун гьечIолъиялдаги. Хасалидагун ихдада гьоркьоб гIадамазе гьан чIезабизе дагьаб захIмат букIунин.

    ГIиял гьан хиралъичIого букIине гьаризе хIисабалде росарал цо-цо тадбиразулги бицана Б. БатIаловас. Гьан гIезабулел чагIазе бигьаго букIине хIукуматалъул рахъалдаса субсидиял кьезе рукIиналъулги бицана росдал магIишаталъул министрас. Амма кигIанасеб къадаралда гьеб кумек щвезе бугебали чIванкъотIарал тарихал рехсечIо.

   Росдал магIишаталъул ярмаркаби тIоритIиялъги кIудияб пайда кьолаанин кванил нигIматазул багьаби хиралъичIого рукIиналъе, гьелги гIемер тIоритIизе ккелин бицана данделъиялда.

   Ахиралдаги ГI. ГIабдулмуслимовас абуна багьаби хиралъизе кинго риччазе бегьуларин. Гьединго гьес муниципалитетазул бутIрузда лъазабуна росдал магIишаталъул хIалтIухъабазда бугеб хIал бичIчIизабейиланги.

Ашахан ЮСУПОВ