17 марталда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана ччугIил магIишат цебетIезабиялда хурхараб суал. ЧчугIа гIезабулел магIишатазе субсидияздалъун санайилго пачалихъалъ кумек гьабулин бицана хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас. Амма ччугIа къачIан, хIадур гьабиялъул иш роцIинабизе къваригIун бугин тIадеги жубана гьес. Республикаялда гьелъие шартIал гьечIолъиялъ ччугIа къватIибе баччулеб буго, гьелдалъун бакIалъул бюджеталъе...

