Новость на родном

Эльтавалъул рохь – тахшагьаралъул гьуърул

    МахIачхъалаялъул мэрас лъазабуна: «Эльтавалъул рохь ккола хас гьабун цIунулеб паркалъулаб ракь (ООПТ)». 2019 соналъул байбихьуда МахIачхъалаялъул мэрлъиялде рищиязда гIахьаллъулев вукIарав Салман Дадаевас аслиял масъалабазда гьоркьоб рехсон букIана, тахшагьаралда гIурччинлъи гIемерлъизабиялъул мурадалда, Эльтавалъул рохь цIигьаби ва гьеб пачалихъалъ цIунулеб ракьлъун лъазаби.     Шагьаралъе нухмалъи гьабизе байбихьарабго, Салман Дадаевас кIвар буссинабуна гьеб масъала- ялде....

Новость на родном

Балагьал къояз къвал баниги, къвакIун чIана ПатIимат

     Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къоялъе сайгъат гьабун къватIибе биччараб «ХIакъикъат» казияталъул номералда «Чаранги хIулиги цохIого рекIелъ» абураб бетIералда гъоркь бахъараб макъа- лаялда бицунеб буго мугIрузда гIурал гIемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батулеб къвакIиялъулги, къо хIехьеялъулги, гьелдаго цадахъ ракI биунеб недегьлъиялъулги хIакъалъулъ. Гьединалго рагIабазе мустахIикъай гIадан йиго Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъа Баширова ПатIиматги.   Щуго сон...

Новость на родном

  Эбел-инсуцаги кьуна ЕГЭ

      Дагъистаналда тIобитIана «Эбел-инсуца ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб акция. Гьелда гIахьаллъана исана гьоркьохъеб школа лъугIулел цIалдохъабазул эбел-эмен, муниципалитетазул бутIрул, лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел, школазул директорзаби, жамгIиятчагIи ва журналистал. Тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумароваги.    Анлънусгоялдаса цIикIкIун цIалдохъанасул эбел-эмен гIахьаллъана гIурус мацIалъул экзаменалда. Гьениб бицана экзамен тIобитIулеб къагIидаялъул...

Новость на родном

Гьодораб чIухIи чIобогояб гьанкIи

       РекьичIого хурзал руго, къачIачIого ах буго, чIунтун умумузул кули буго. Заруца гьумер бухулеб, гугарулеб къебелъухъе хьвадизарун гIезарулел руго васал. Бищун лъикIаб ретIинеги кваназеги чIезабун, къо бихьизе течIого чемпионаллъун рахъинариялде тIаделъун руго. Лъаймахщалиде ургъизе заман гьечIо. Хадуб щиб? Жиндир вас сундулалиго рахъалъ кивалиго вахъарав чемпион вугила, гьелда рекъон хъулухъ кьолеб гьечIила хIукуматалъ. Гьанже...

Новость на родном

Библиотекабазулги клубазулги къисмат кинабдай ккела?

       Гьал къоязда Хунзахъ районалъул культураялъул рукъзабазул ва клубазул хIалтIухъабаз хитIаб гьабуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасухъе.    Гьеб хитIабалда гьез хъвалеб буго ункъо соналъ цере жал 0,75 ставкаялде рачанин, гьеб мехалда тIадкIалъай гьабичIого жалги чIанин абун. Хадубги 0, 5 ставкаялде рачанин, гьеб мехалдаги руцIцIун чIанин. Гьанже абуни районалъул нухмалъиялъе къваригIун бугила тIуранго...

Новость на родном

БахIарчиясул цIар цIунила рекIелъ

      Санайилго гIадин исанаги 12 марталда Хьаргаби районалъул ГIаймаки росдал Зубаиров Шамилил цIаралда бугеб гьоркьохъеб школалда тIобитIана милициялъул подполковник Шамил Зубаиров ракIалде щвезавиялъулаб тадбир.     Терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъулаб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хьаргаби районалъул нухмалъулесул заместитель АсхIабали Маликовас, районалъул ОМВДялъул хIалтIухъабаз, районалъулгун росдал администрациялъул хIалтIухъабаз.     МугIалимзаби Мадина Шарабудиновнаялъ ва...

Новость на родном

Гъаримал киоскалги, согIав эксперт Бисавги, «Басманалдаса» Салман Дадаги

     Араб щамат къоялъ тIобитIана МахIачхъала шагьаралъул бетIер Салман Дадаевасулги республикаялъул газетазулгун журналазул бетIерал редакторзабазулги дандчIвай.    Рехсараб дандчIваялъул аслияв «гIайибияв», «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор ва машгьурав блогер М. БисавгIалиевас чанцIулго тIад-тIад вуссун, социалиял гьиназда борхун букIана бищунго цIикIкIун гIадамал хьвадулел бакIаздаса газетазул киоскал нахъе рахъиялъул ва гьезул къадар МахIачхъалаялда дагьаб букIиналъул хIакъалъулъ кIвар...

Новость на родном

Путинил баркала

      ДГУМялъул студентал Баркалаялъул кагътаздалъун кIодо гьаруна улкаялъул президентас.    Гьал къоязда ДРялъул ГIолилазул рахъалъ министерствоялъул коллегиялда жамгIияб гIумруялда жаниб бихьизабураб хIаракаталъул ва цогидабги жигараб хIалтIуе гIоло президент Владимир Путинил рахъалдаса Баркалаялъул кагътал кьуна 10 гIолохъанчиясе. Гьезда гьоркьов вуго нилъер медуниверситеталъул ункъо студентги.

Новость на родном

Ракь багъариялъул бицунеб выставка

     МахIачхъалаялъул тарихалъул музеялда тIобитIулеб буго 1970 соналъул 14 маялда Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул бицунеб выставка.     Гьенир лъун руго доб мехалда риххарал минабазул, къватIир хутIарал гIадамазул, дагъистаниязе кумекалъе Узбекистаналдасаги Россиялдасаги рачIарал чагIазул суратал, художниказ рахъарал суратал, документация ва ракь багъари тIатинабизе хIажалъулеб къайи-цIа.    СССРалъул ГIелмабазул академиялъул гIалимзабазул пикруялда рекъон, гьединаб куцалда...

Новость на родном

Жагъаллъараб кьоялъ къо хIехьечIо

       15 марталда Шамил районалда бугеб кьодул цо сакги биххун, нухги къотIун хутIана лъабго росу: Гьоор, Гьоор-Хьиндахъ ва КъахIиб. Биххун унаго гъоркье бортана гьелда тIасан унеб букIараб КамАЗ машина. Республикаялъул Транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон, кьо биххана цIакъго кIудияб бакIлъи хIехьезе кIвечIого.     Гьеб хIужаялде кIвар буссинабуна РФялъул ЦIех-рехалъул...