Лъим къотIани, гьаб шагьар…

 

     15 марталдаса байбихьун МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругел гIемерисел гIадамал хутIана лъимги гьечIого.

   Миякьоса бачараб лъел мухъалда аварияги ккун, къотIана тахшагьаралде лъим. Авариялъул хIасилалда лъимги гьечIого хутIана тахшагьаралъул лъабабго районалда гIумру гьабун ругел гIадамал.

   Амма ахIвал-хIал хутIарабги хIалуцинабуна Бавтугъай росдада аскIосан КОРалъубе цIадал ран хадуб чороклъараб лъим чвахиялъги.

   БачIун хадубги, дагьаб мехалъ гьеб лъим хIалтIизабугеян хитIаб гьабуна Роспотребнадзоралъги.

   17 марталдаса байбихьун гIадамазе машинаби цIун лъим бикьизе байбихьана МахIачхъалаялда.

    ТIубанго кIвечIониги, цо къадаралданиги Кировский ва Советский районазда гIумру гьабун ругезул рокъобе лъим бачIинабизе кIваниланги баян кьуна гьебго къоялъ МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас. Амма Ленинский районалда ругезе кида бацIцIадаб лъим щвелебали жеги мухIканго абизе кIоларин тIадеги жубана гьес. КОРалъубе бачIараб чорокаб лъим бацIцIад гьабиялъул хIалтIи жеги лъугIун гьечIо.

    Октябралъул цIаралда бугеб каналалъул лъим гурони рокъобе бачIунарел Ленинский районалъул гIадамал гьеб бацIцIалъизегIан, тукабаздаса лъим баччулел рукIина.

   Нижеца газета жанибе кьолеб мехалде бачIана баян лъел мухъда гьарулел киналго хIалтIаби рагIалде рахъанилан.

    МахIачхъала ва Каспийск шагьарал гьекъолеб лъедалъун хьезариялъул суал гьоркьоб лъун букIана 17 марталда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялдаги.

   ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасул рагIабазда рекъон, лъеда хурхун гьединаб ахIвал-хIал лъугьана рогIралги цогидаб къайи-цIаги басралъун букIиналъ.

   Ашахан ЮСУПОВ