Рии-их битIаги, хур цIун бачIаги

 

 

     Их тIаде щвей кIодо гьабулеб байрам букIана араб рузман къоялъ МахIачхъалаялда. ГIемермиллатазулаб Дагъистаналъул кьерал, магIарухъ гIурал нигIматазул махI, гIасрабаз цIунарал бакънал, умумузул ретIакъаялъулъ фольклоралъул гьунарчагIи — гьеб кинабго тIибитIун букIана ГIурус театралда цебе бугеб майданалда. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къотIносан унелщинал лъалхъизарулел рукIана зурмил къвакъваялъги халкъиял гьунарчагIазул гьаракь-бакъаналъги.

    Санайилго гьеб байрам тIобитIула ДРялъул Культураялъул министерствоялъул халгьабиялда гъоркь, республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул идараялъул нухмалъиялдалъун ва МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул кумекалдалъун. Исанасеб ихдалил фестиваль хурхинабун букIана ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялдаги.

 

     Байрамалда гIахьаллъана республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса 20 фольклоралъул коллектив, профессионалиял ансамблял, цо-цо миллиял театразул коллективал. Щибаб миллаталъул вакилзабаз гьенибе босун бачIун букIана гIасрабаз цIунараб рухIияб хазина, хаслъи Тадбир бачунез къокъго бицана ихдалил байрам тIобитIиялъул рахъалъ республикаялда цIунун хутIарал гIадатазул хIакъалъулъ. ГIурусаз — «Масленица», лезгияз — «Яран Сувар», табасараназ – «Эбелцан», агулаз – «Хидин уш», тумаз — «Интнил хьхьу», лъарагIаз – «Гъазза новруз», нугъаязгун азербайжаназ – «Новруз», рутулаз – «Эр», цахураз – «Юх- ханинйегъ», даргияз – «ХIебла бери», татаз – «Шэгьме-васал». Щиваб коллективалъул букIана, балагьарал доб цебесеб заманалде рачунеб, гьанжесел гIелазе балъголъилъун бугеб гIадат.

    МагIарул миллаталъ ихдалида дандчIвай гьабулеб къагIида бихьизабуна ЛъаратIагун Шамил районазул фольклоралъул ансамбляз ва цIияб ГIурада росдал школалъул коллективалъ. КIиябго мадугьалихъ ругел районазул гьунарал данджуран хIадурараб «Оцбанкъо» букIана тIубараб гьеб байрамалъего гвангъи кьолеблъун. Зурмил чан батIияб накъит, кьурдул свериялъул чанго батIияб расен жанибе бачун букIана гьезул программаялъ. ГIадаталда рекъон, оцбанкъоялъ балугълъарал васаз жамагIаталда цебе балеб гьа, тирилъиялъе гьезул къецал, «рииих битIайги, хур цIун бачIаги» абун ахIулаго бегуниса тIимугъги ретIун цIикIкIараз хуриб балеб тIоцебесеб рахъ — инсценировкаялдалъун бихьизабизе хIаракат бахъана гьез. Шамил районалъул росабалъ жакъаги цIунараб хаслъи буго гьеб. Къокъго абуни, батIиябго къартI, ракI терхезабулеб чIурканлъи бихьизабуна тIадмагIарухъа рещтIарал нилъер миллатцояз.

    Цоги цIакъго лъикIаб церерахъин букIана фольклориябгун этнографияб «Айланай» ансамблялъул. Нугъаязул мацIго бичIчIуларездаги гъаргъар балеб хIалалъ гIуцIун букIана гьез жидерго программа.

     Махсара-хочI, гьара-рахьи, гьаваялда палугьаназул гьунарал — балагьаразул ракIазе, жал дагъистаниял рукIиналдаса чIухIиги рохелги кьолеб, умумузул ракьалде ракIал цIазарулеб тадбир букIана гьеб. Балагьизе рачIаразул гIемериселги рукIана гIолилал ва гIисинал лъималгун цадахъ цIикIкIарал чагIи. Гьезие, жидецаго хIадурарал, миллиял кванил нигIматал рикьулел рукIана фольклоралъул гьунарчагIаз.

   ПатIимат ИБРАГЬИМОВА