Новость на родном

Хизри Абакаровасе-орден

       Улкаялъул президент Владимир Путиница гъулбасги гьабун, республикаялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровасе кьуна «Гьудуллъиялъул Орден». ГIемерал соназ гьабураб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ ва гьесул хIаракаталъе кьураб мустахIикъаб къимат ккола гьеб.       Республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасги баркана Х. Абакаровасда хIурматияб шапакъат.    «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъги ракI-ракIалъго баркула Хизри Абакаровасда хIурматияб шапакъат. Тавпикъ кьеги республикаялъул гIумруялъулъ лъикIал...

Новость на родном

Дагъистаналъул гIи-тIолгороссиялъул выставкаялда

  Гьал къоязда Минводы шагьаралда тIобитIулеб бугеб тIолгороссиялъул XXI выставкаялда гIахьаллъулел руго Дагъистаналъул 16 магIишаталъул гIияхъабиги.       ГIияхъанлъи цебетIезабиялъул мурадалда гIуцIараб тадбиралда тIоритIулел руго семинаралгун гIелмиял конференциялги.       Выставкаялда руго мугIрузул, гIандадерил, лезгиязул, гIаркьухъезул меринос, туш тайпабазул гIи-цIцIани.      Выставка халат бахъине буго 21 маялде щвезегIан. Гьеб къоялъ гьаризе руго хIасилалги.

Новость на родном

Кьоялги, пиринчIги, гIанкIудал ханалги

        19 маялда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас данделъи тIобитIана, 2020 соналъул хIасилал гьариялда тIасан. Социалиябгун экономикияб рахъалъ лъалаго цебетIей лъугьанин республикаялдайин абуна премьерас.       Мисалалъе, гъоркьиса 1207 гектаралда цIиял ахал гIезаруна. 2,2 нухалъ цIикIкIана ччугIа кквеялъул къадарги. Гьединго росдал магIишаталъ гIезабураб нигIмат къватIибе баччиялъул рахъалъги лъикIал хIасилал ругин абуна ДРялъул экономикаялъул министр Руслан...

Новость на родном

МагIарухъе гьалбал гIемерлъун руго

       Республикаялде рачIунел туристазул къадар тIадеялдаса тIаде гIемерлъулеб буго. Гьезие рекIее гIолеб буго магIарухълъиги, гьелъул берцинаб тIабигIатги, некIсиял росабиги, цIорорал иццалги, миллияб кванил тIагIамги. ЛъикI батаниги, квеш батаниги, пандемияги сабаблъун ккана гьелъие. КъватIисел пачалихъазул беричал курортазде ругьунлъун рукIарал, гIорхъабазда «кIулал райдал» рокъор хутIана исанаги гъоркьисаги. Гьединлъидал тIаса бищана гьез жанисеб туризм ва Кавказалъул гьайбатаб...

Новость на родном

Авиация-дир гIумрудул магIна

     Къасум Нажмудинов (мухIканго абуни ГIабдулкъасум ХIусенов) гьавуна 1933 соналъул 15 маялда Хунзахъ районалъул гьитIинабго Гъонохъ росулъ Нажмудинилги ЗулхIижатилги хъизамалда. ГIагараб росдал байбихьул школаги лъугIизабун, Къасум цIализе ана ГIараниб росдал школа-интернаталде.            Гьес ракIалде щвезабулаан: «12 сон барав чи вукIана дун. Гьеб заманалда Хунзахъ тIалъиялда тIасан роржунаан «ПО-2» тайпаялъул гIисинал самолетал ва рещтIунаан...

Новость на родном

Цадахъ рекъон хIалтIи – аслияб мурад

      Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталда тIобитIараб дандеруссинал­да гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членал, шагIирзаби, журналистал, магIарул миллиябгун маданияб автономи­ ялъул цIивищарав нухмалъулев Айтемир Сатираев, имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул председатель ГIалиасхIаб Хархачаев.    Данделъи рагьана ва нухда бачана Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев, профессор МухIамад МухIамадовас.       Тадбиралъул аслияб мурадги букIана цадахъ рекъон хIалтIи...

Новость на родном

М. ХIажиевасул хIурматалда -Гидрокомплекс

     КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзал-ракьцоял кIодо гьариялъул мурадалда, «Къункъраби» абураб сахлъи цIуниялъул комплексалда рагьулеб буго 1942 соналъул маялда Совет Союзалъул БахIарзазул мухъилъ даимлъарав МухIамад ХIажиевасул хIурматалда гIуцIараб ва машгьурав ралъдахъанасул цIар кьураб гидрокомплекс.    Гидрокомплекс ургъана Москваялъул пачалихъияб университета­лъул профессор МухIамад МухIамадовасги гьесул ишцоязги. Гьениб рес щвезе буго, гьанже заманалъул цIирагьиязул кьучIалда лъел пайдаги...

Новость на родном

ГIемеразда релълъараб… ва лъидаго релълъинчIеб

  Гьал къоязда Дагъистаналда букIана «Россия — жакъа» абураб федералияб каналалъул ункъо журналистгун операторасдаса гIуцIараб къокъа. Гьел ккола Эрик Фонсека, Илья Енин, Эдуард Горборуков, Анна Куропатова. Гьезул мурад букIана Испаниялъул ва испан мацIалъул телезрителазе Дагъистаналъул хIакъалъулъ документалияб фильм (26 минут) хIадур гьаби. Гьеб мурадгун гьел щвана Гъуниб районалде, Сулахъ къварилъухъе, Кубачиялде, Дербенталде ва данде гьабуна...

Новость на родном

  Дагъистаналдаги гьабулаан кагъат

        Москваялда, пачалихъияб библиотекаялда, щуабилеб нухалда тIобитIана реставраторазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьелда гIахьаллъиги гьабула библиотекабазул, архивазул хIалтIухъабаз ва тарихчагIаз. Дагъистаналдаса гьеб конференциялда гIахьаллъана РАНалъул ДФИЦалъул гIелмияй хIалтIухъан Заира Ибрагьимова. Гьелъ гьениб бицана XVII-XVIII гIасрабазда Дагъистаналда кагъат гьабулеб букIараб къагIидаялъул хIакъалъулъ.      Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.      — Заира, кина-кинал росабалъ кагъат гьабулеб букIарабали...

Новость на родном

ГIибадатищ яги нигIматалищ хиралъизе кколел?

     Гьале нахъа тана хирияб Рамазан моцIалъул бащалъи. Гьанжего кIалбиччанкъоялде хIадурлъизеги байбихьана. Гьеб къоялъ рикьизе росулел нигIматазул рахъалъги расги къварилъи гьечIо. Исанасеб кIалбиччанкъо аваданлъиялъул цIураб, киналго урхъараблъун букIинин абураб хьулги буго. Нилъеда кIочон гьечIелъул, гъоркьиса Рамазан моцIалъ мажгиталъул нуцIбиги рахан, цоцазда кIалбиччанкъо баркизе ва хабалазде ине гьукъараб пандемиялъул заман.    ЛъикIал гурел гIамалаздаса ракIал...