Бищун тIагIат-гIибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь разилъулев, бищун кири цIикIкIун щолев бусурманчи ккола, кинаб амру, щиб жо ТIадегIанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги рахъ- алдасан бачIун батаниги, калам тун гьеб тIубазабулев чи. Гьел ам- рабазулги шаргIиял ахIкамазул магIнаги хIикматги бокьанагIан цIехезе ресги буго бусурманчиясе. МагIнаги хIикматги гьечIеб жо ТIадегIанав Аллагьас нилъеда тIадги къаларелъул, цо-цо...

