Новость на родном

МухIидин МухIамадов: «ГьитIинаб ватIан цIунулев кIудиялъеги хилиплъуларо»

         Цо бащдаб сагIат гурони дица дур заман бахъинарин махсараги гьабун, рагьана дица ЧIарада районалъул бетIерасул нуцIа. Нижер гара-чIвари халат бахъун батана лъабго сагIаталъ. РакIалде щвезабуна цебесеб, бицана жакъасеб цебетIеялъул, масъалабазул, цIваби гIадал цIаразул, гьездаса бугеб баракаталъул, миллатцоял цолъун гьаризе бегьулел ишазул хIакъалъулъ. ТIад юссун диктофоналъухъ гIенеккидал, гьеб батана магIарухълъи къиматал, гьеб цIилъизабизе бокьарал...

Новость на родном

Шурагьиб беролеб лъай кьеялъул ицц

           27 маялда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби щвана Буйнакскиялъул педучилищеялде гьоболлъухъ. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тIубаялда данде ккезабун, кIудияб тадбир тIобитIана гьеб къоялъ училищеялъул азбаралда. Бечедаб тарих буго гьеб цIалул идараялъул. 1975 соналде щвезегIан училищеялда абулеб халкъияб цIар букIана Авар педучилище абун. ГIадада лъураб цIарги букIун батиларо гьеб. Шурагьиб цIалул идараялъ къватIире риччарал машгьурал...

Новость на родном

Инсан вуго сундуего гIайибияв

      Гьаб буго дунялги багIарараб, рохьазда цIаял ккеялда хIинкъиги бугеб заман. Гьединлъидал цIадудаса рохьал цIуниялъе гьабун бугеб хIадурлъиялъулги, рухIарал рохьал рукIалиде ккезариялъе гьарулел тадбиразулги бицун нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул Рохьил магIишаталъул комитеталъул председатель Вагьаб ГIабдулхIа­мидовасулгун.   — Вагьаб, рохьазул рахъалъ нилъер республика бечедаблъун рикIкIунищ?         — Дагъистан рикIкIуна рохьал дагьаб регионлъул. ТIолабго ракьул...

Новость на родном

ГIолохъанал гIалимазул ва хIафизазул къец

        СагIитбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб университеталда исанаги тIобитIана гIолохъанал гIалимазда ва хIафизазда гьоркьоб къец.      Арал соназдаго гIадин, исанаги рачIана нижер гьанире иргадулаб конкурсалда гIахьаллъизе Москваялдаса, Грозныялдаса, Владикавказалдаса, Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса, Владикавказалдаса гIалимал ва хIафизал.     КIиго къоялъ халат рахъарал къецазул хIасилалда гIелму цIикIкIун лъаялъул рахъалъ бергьенлъи босана шайих ГIабдурахIман-хIажил цIаралда бугеб исламияб институталъул...

Новость на родном

ЛъагIалил мугIрул яс – 2021

          29 маялда Хасавюрт шагьаралъул Маданияталъул кIалгIаялда тIобитIана “Бищун лъикIай мугIрул яс — 2021” абураб республикаялъул къецалъул финалияб бутIа. Тадбир тIобитIана жамгIиял хIаракатчагIи ПатIимат ГIабдурахIмановалъ («Фа­ти-добро») ва Марьям Шафиевалъ.      Къецалъул букIана 3 бутIа ва гьел тIоритIизе кколаан 2020 соналдаго. Амма дунялалдаго бугеб захIматаб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, финалияб бутIа нахъ бахъизе ккана. Къецалда...

Новость на родном

Хъутабазул статус чIезабиладай?

      Гьал къоязда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов щвана Бабаюрт районалда ругел Рутул мухъалъул хъутабазде. Гьенирго руго магIарулазул КIусур росдал гIадамалги.       ХъутанчагIаз бицана жидее квегIенал нухалги, лъалъадизегун гьекъезе лъимги, школалгун больницабиги, токгун газги къваригIун ругилан. Амма гьел суалал тIураялъе квалквал гьабулеб буго хъутабазул ракьазул даража чIезабун гьечIолъиялъ.       ТIадежоялъе, гьитIинаб справка къваригIанигицин,...

Новость на родном

Каспийск цебетIезабиялъул бицана

        ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас гьал къоязда Каспийскиялъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда бицана гьеб шагьар цебетIезабиялъе ругел нухазул хIакъалъулъ.        Меликовас абуна аэропорталдегун МахIачхъалаялде гIагараб, ралъдал рагIалда бугеб Каспийскиялда туристазе цересан гостиницабиги рекIелгъеялъе батIи-батIиял комплексалги разе бегьилаанила, амма гьелдалъун шагьаралъул гIадамазе квалквал ккелила тIабигIаталъ кьураб бечелъиялдаса пайда босизе (ралъдахъе ине, масала). Гьединлъидал гьеб...

Новость на родном

«Лётчикал холаро, гьел гьаваялде роржун уна»

  Кколеб куцалда чиясул къимат гьев хун хадуб гурони гьабуларин абула. БитIараб бицани, чIаго вугеб мехалда цониги нухалда ракIалде ккунго букIинчIо сундухъдай ТIайгиб ТIолбоевасе Россиялъул БахIарчиясул цIар кьурабилан. ТIадежоялъе, гьеб гьесда жиндаго гьикъизе ресги букIана.     ТIайгиб цеве гIемер щолаан нижер редакциялде, гьудулгьалмагълъиялъухъе, ракьцоязухъе. Амма дида гьев цониги бакIалда интервью кьолев, яги «гьале дун» абун,...

Новость на родном

ЦIадаса ХIамзатил васги Расулил вацги

      21 маялда цIех-рехал гьариялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб федералияб централда (РАНалъул ДФИЦ) цебе ХIажи ХIамзатовасе памятникги лъуна, гьесул хIурматалда гIелмияб конференцияги тIобитIана. Гьенир данделъун рукIана гIалимчиясул гIага-божарал, районцоял, ишцоял ва гьесул ирсалъул къимат гьабулел ракьцоял.      Памятник гьабун буго скульптор Шамил КанайхIажиевас. Гьеб ккола гIалимчиясе республикаялда лъураб тIоцебесеб памятник. ГIурусазул классик Лев Толстоясегун наиб...

Новость на родном

Инсухъе вуссунеб сухъмахъ кIоченчIо

        ЛъаратIа районалъул Кьанада росулъа СултIан Ибрагьимовасул цIар рагIичIев чи дагъистаниязда гьоркьов къанагIатги ватиларо. Боксалъул рахъалъ Европаялъул ва дунялалъул призер, 2000 соналъ Сиднеялда тIобитIараб Олимпиадаялъул гIарцул медалалъе мустахIикълъарав гьев, кIиго соналдасан ана профессионалияб спорталде. Гьенибги, къокъабго заманалда жаниб, чIахIи-чIахIиял бергьенлъабиги росун, дунялалдаго машгьурлъана. Амма халатккун заманалъ гьенив чIезе ракIалда букIинчIогогIаги батила, 2008 соналъ нахъе...