КIочонарел лахIзатал гIемер рукIана

 

   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас Адыгеялда вугев Дагъистаналъул кидагосев вакил Чупан Асилдаровасе кьуна «БахIарчияб захIматалъухъ» абураб медаль. Дагъистаналъе гуребги, Адыгеялъеги ва тIолабго Кубаналъего гьеб кканин ракIалдаса унареб лъугьа-бахъинлъунин жиндирго разилъи загьир гьабуна Адыгей Республикаялъул Гуманитариял цIех-рехазул институталъул гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор, гIемерал соназ Чупанилгун гьудул- лъи бугев Асфар Куекица.  

  «Къогоялдаса цIикIкIун соналъ Чупан Асилдаров вуго Адыгеялда Дагъистаналъул вакиллъун. Гьеб заманалда жаниб цин рагьана, цинги къана Абхазиялдаги, Чачаналдаги, Ингушетиялдаги, Краснодар краялдаги рукIарал Дагъистан Республикаялъул вакиллъаби. Амма Адыгеялда бугеб вакиллъиялда тIалъулел рукIарал ишалги гьелъул статусги хутIана гIемерго хисичIого. Гьелъие сабаблъунги ккана Чупан Асилдаровасул жигараб ва пайдаяб хIаракатчилъи. Гьесухъа бажарула «ХъахIаб рукъалъул» кабинетазда кIусарал хIакимзабазухъеги къуваталъул идарабазухъеги нух бахъизе. Киса-кивго гьев къабул гьавула жидерго чи хIисабалда ва гьесул адабхIурмат гьабула.

   Жиндирго хасал мурадазе гIоло гуреб, тIадкъараб иш ракIбацIцIадго тIубазабиялъул мурадалда ва статусалъул тIалабалда рекъон хIалтIизе бажари бугев инсан – гьедин абизе бегьула Чупан Асилдаровасул хIакъалъулъ. Гьеб пикру нижелъ, Адыгеялъул журналистазулъ, тасдикълъана 20 соналъ гьес гьа- бураб хIалтIулги хIаракаталъулги хIасил гьабидал. Гьесул жигараб гIахьаллъигун къабул гьабуна, масала, Дагъистан Республикаялдаги Адыгея Республикаялдаги гьоркьосел бухьеназулги гьудуллъиялъулги хIакъалъулъ къотIи. Гьелда гьоркьобе уна кIиябго республикаялъул журналистазулгун бухьеналги. Гьеб рахъалъ къотIи тIубазабиялъул мурадалда доб заманалда Дагъистаналде пишацоязухъе ахIун рукIана ниж: «Социалистияб Адыгея» абураб республикаялъулаб газеталъул бетIерав редактор, Адыгеялъул Журналистазул союзалъул председатель, хъвадарухъан Анатолий Пренкоги дунги – «Адыгэ макъ» (Адыгасул гьаракь) абураб миллияб газеталъул бетIерав редактор ва Пренкол заместитель. Пишацояз ниж къабул гьаруна тIадегIанаб гьоболлъигун. Нижее рес щвана миллиял газетазул журналистазулгун гара-чIвариял гьаризеги, гIалимзабазулгун ва жамгIиял хIаракатчагIазулгун дандчIваял тIоритIизеги. Гьениб къотIи ккана цоцазухъе макъалаби ритIизе ва хадурккун гьел рахъулаан цоцазул миллиял газетазда. ЛъагIалида жанир кIицIулниги ниж дандчIвалаан Россиялъул цогидал регионаздасаги журналистал цолъарал прессаялъул форумаздаги.

    Амма бищунго кIочонареблъун лъугьана МахIачхъалаялда, поэзиялъул патриарх Расул ХIамзатовасулгун букIараб дандчIвай. КIиго сагIаталъниги рукIана ниж гьесухъ гьоболлъухъ. Гьеб букIана ракIалдаса унареб хинаб дандчIвай. Ва гьелъие сабаблъунги ватана нижер божарав гьудул Чупан Асилдаров. Ана сонал, ккана гIемерал лъугьа-бахъинал, амма доб вацлъиялъулаб гьоболлъи киданиги кIочонареблъун цIунун хутIана рекIелъ. Гьединал ишал гIемер руго Чупанил гIумруялда.

     Бокьун буго Дагъистаналъул нухмалъиялъе кIудияб баркала загьир гьабизе – ракьцоязде бугеб лъикIаб бербалагьиялъухъ, ишалъе мутIигIал, гьабулеб хIаракаталъулъ ракIбацIцIалъи цIунарал хIалтIухъабазе мустахIикъаб къимат кьуралъухъ», — ан хъвалеб буго Асфарица жидерго газеталда.   

     «ХIакъикъат» газеталъул рахъалдасанги баркула Чупанида гьеб шапакъат. Гьабулелъулъ икъбал ва баракат.