Гьал къоязда МахIачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчIвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьелъие гIиллалъун ккана 13 январалда журналистазул махщалилаб къо кIодо гьабулеб букIин. Мэрасулгун журналистазул ракI рагьараб гара-чIвари халатбахъана чанго сагIаталъ. Журналисталго гIадин, гьанже модаялда ругел телеграм-каналал рачунел блогералги рукIана гьенир. Валлагь, гьабни кьезе бегьиларин абун, цониги суалги кьечIого течIо гьениб. Масала, къойилго...
