Лъималазул байрам, улбузул рохел

ХIурматиял магIарулал! Баркула тIаде щвараб Лъаялъул къо! Гьарула киназего щулияб сахлъи. ЦIияб лъай босизе, щун букIараб камил гьабизе ва лъималазе тарбия кьезе нилъее чара гьечIого хIажалъулеб жо бугелъулха сахлъи. Учительзабазе гьарула сабру, хIалтIизе гъира ва ракI разияб харж. ЦIалдохъабазе гьарула цIалулъги, спорталъулъги, хIалтIулъги икъбал. ХIурматиял умумул! Лъимал руго нилъеца коцонир тIурал, нилъеца куцахъе лъугьунел жал. КIочонге
гьезулгун накъитал гьаризе, школалдаги къватIибги ккара-тараб гьезда цIехезе, гьезул гIумруялда ккараб-щиналъе нужее лъикIаб (яги квешаб) асар гьабулеблъи гьезда бичIчIизабизе. Гьарула, нилъ магIарулал ругеблъи кIочонге ва лъималги магIарулаллъун куцай. Гьезул рекIелъ бессизабе ватIаналдеги, гьелъул тарихгун маданияталдеги ва рахьдал мацIалдеги рокьи. Гьеб мехалда нужер лъималги рукIина гьанир гъоркьехун рехсарал республикаялъул чIухIилъун
кколел цIалдохъабазул сияхIалда. ТIолгороссиялъул цIалдохъабазул олимпиадаялъул регионалияб бутIаялда гIахьаллъарав Дагъистаналъул школазул 569 цIалдохъан 2022/2023 цIалул соналда мустахIикълъана тIоцересел бакIазе ва вахъана батIи-батIиял къецазул призераллъун. Исана тIоцебесеб сентябралда Дагъистаналда рагьизе буго 15 цIияб школаги 26 лъималазул ахги. 2023 соналъул ахиралде кинабниги рагьизе буго 55 школаги 37 лъималазул ахги. Гьелде тIадеги, капиталияб ремонт гьабун буго республикаялъул 36 муниципалитеталда бугеб 139 школалда. ТIоцебесеб сентябралде росабазул школазда хIалтIизе ана «Росдал учитель» абураб проекталда гIахьаллъулев 61 учитель. Гьезул щивасе пачалихъалъ кьуна миллион гъурущги. Исана школалде ине вуго 480 азарго цIалдохъан, гьезда гьоркьоса — 52 азаргогIанасев тIоцебесеб классалде.