Сундулъго кумек букIина

Гьал къоязда ДРялъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана СВОялда хварал дагъистаниязул хъизамалгун.
ДандчIваялда рукIана ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулесул ишал заманалда тIуралев МахIач ГIумаровги, ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровги, республикаялъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIапаевги.
Данделъи байбихьана рагъда чIваразул хIурматалда сихIкъотIиялдалъун. С. Меликовас тIугьдул лъуна рагъухъабазул суратазда цере ва гьезул гIагарлъиялда зигара бана. «СВОялда чIварал гIолохъабазул рухIел сунцаниги нахъбуссинабуларо, амма федералиябги республикаялъулабги нухмалъи нужгун руго. Нижеца нужее сундулъго кумек
гьабизе буго», — янги абун, ДРялъул бетIерас бицана аскариязул хъизамазе гьабулеб бугеб квербакъиялъул хIакъалъулъ. Щивав рагъухъанасул хъизамалъе кумек гьабула «Киналго цадахъ» абураб социалияб фондалъги «ВатIан
цIунулел» абураб пачалихъияб фондалъул республикаялда бугеб отделениялъги. Гьезул хIаракаталъул хIакъалъулъ дандчIваялда бицана Дайтбег МустIапаевасги ДРялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр Мурад Казиевасги.
СВОялда гIахьаллъулел рагъухъабазул улбузегун лъудбузе ва къоролзабазе гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ бицана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъги Буйнакск районалъул бетIер Уллубий Ханмурзаевас ракIалде щвезабуна СВОялда чIварав МахIач Сайкумовасул эбел-инсуца Гъоркьа
Гъазданущиб росулъ чIараб пихъил ах. Гьединал ахал гIезаризе руго цогидал муниципалитетазда ва гьениса щвараб бачIин бикьизе буго бакIалъул пансионатазеги ресукъал хъизамазеги. Гьелдаса хадуб Сергей Меликовас гара-чIвари гьабуна СВОялда чIварал рагъухъабазул хъизамазулгун. Гьес цIехана гьезул масъалабазул хIакъалъулъ ва рагIи кьуна гьел
тIуразариялъе тадбирал гьаризе.