Заманалда рекъон хIалтIизе ругьунлъулел руго Россиялъул Журналистазул союзалъ Дагомысалда тIобитIараб журналистазул ХХI фестивалалда гIахьаллъана Россиялъул тIолалго регионаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса журналисталги, политикалги, гIалимзабиги, публицисталги, режиссералги, продюссералги, актералги. Фестивалалъул тIоцебесеб къоялда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана жакъа газет-журналал чIаго хутIизе рес бугищ абураб суал. Россиялъул, Сириялъул, Украинаялъул ва Латин Америкаялъул цIар арал журналистаз мастер-классал рихьизарулел...

