Мьянма пачалихъалда (цебе букIараб Бирма улка) ккарал лъугьа-бахъиназ жакъа пикру буссинабулеб буго дунялалъулго политиказул, журналистазул, инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул. 2010 соналдаса байбихьун гьеб улкаялъул битIараб цIар ккола Союз Мьянма Республика абураб. Гьелъул тахшагьар ккола Нейпьидо. Мьянма Союз абураб гьеб республикаялъул пачалихъияб гIорхъи буго Индия, Бангъладеш, Китай Лаос, Таиланд улкабазулгун. Ракьалъул рахъалъ гьеб пачалихъ буго Дагъистаналдаса...
