Сан Су мукIурлъичIо

Мьянма пачалихъалда питна бекьизе бокьарал рукIин хIакъаб буго

Мьянма пачалихъалъул нухмалъулейлъун рикIкIуней Аун Сан Су Чжица лъазабуна Райкхан штаталда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIалалда бан, информациялъул алатаз тIибитIизабулеб баян гIемерисеб гьереси бугин.

ГьанжелъизегIан кIалдибе лъим босарай гIадин чIун йикIарай гьей гIадан, гьадинаб лъазаби гьабизе цее яхъана Турциялъул президент ТIайип Эрдоганилгун телефоналдасан гара-чIвари гьабун хадуб. Турциялъул президентасин абуни ахIи бахъинабун букIана гьеб улкаялда бусурбабазда гьабулеб хIал хIехьезе кIвеялдаса ун бугин ва гьеб хIалалда хадубккунги иш хутIулеб бугони, гьенибе аскар битIичIого гIоларин.
Мьянма пачалихъалъул нухмалъулелда кин гьел рагIаби ричIчIаралали лъаларо, нахъисел къоязго улкаялъул тIалъиялъ гIемерал суратал кьуна Турциялъул вакиласухъе, газетаздагун журналазда хъвалеб хIакъикъаталде данде кколареблъи бичIчIизабиялъул мурадалда. Гьезда бихьизабулеб буго суратал гьересиял ва гьел Бирма бахун къватIир рахъарал рукIин.
«Гьаб кинабго буго ургъунго гьабулеб иш. Лъие батаниги Мьянамалда питна бекьизе къваригIун буго», — ян лъазабуна улкаялъул нухмалъулелъ.
Сан Су Чжица гьедин гурони тIокIабги кинха абилеб? Улкаялда гIумру гьабун ругел бусурбаби хадурккунги чIвазе ругин гьелъ абиларо. Амма гьелъ щиб бицаниги, гьениб лъикIаб гуреб хIал букIин бихьулеб буго информациялъул алатаздасан.
Мьянмалда бугеб хIал лъазабиялъул мурадалда гьеб улкаялде сапар бухьине ракIалда буго islam.ru. интернет-порталалъул хIалтIухъабазда. Гьаб гIагараб заманалда гьел ине руго Бирмаялде ва рагIаралдаса бихьаралда божизе кколелъул, тIадруссун рачIиндал гьезул сапаралъул хIасилалъул газеталдасан загьир гьабила.
ХIабиб МУХIАМАДОВ