Мьянмаялда такъсириял балагьал АнкьцIул борце, цоцIул къотIе

Мьянма пачалихъалда (цебе букIараб Бирма улка)

ккарал лъугьа-бахъиназ жакъа пикру буссинабулеб буго дунялалъулго политиказул, журналистазул, инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул. 2010 соналдаса байбихьун гьеб улкаялъул битIараб цIар ккола Союз Мьянма Республика абураб.

Гьелъул тахшагьар ккола Нейпьидо. Мьянма Союз абураб гьеб республикаялъул пачалихъияб гIорхъи буго Индия, Бангъладеш, Китай Лаос, Таиланд улкабазулгун. Ракьалъул рахъалъ гьеб пачалихъ буго Дагъистаналдаса 10 нухалъ кIудияб, амма Дагъистанго гIадин 100-ялде бахараб миллаталъ гIумру гьабулеб улка. Мьянмалда гIумру гьабулеб буго 60 млн чияс.
25 августалдаса байбихьун лъабго къоялда жаниб буддизмалъул дин гьабулез гьенив 3 азарго бусурманчи чIван вуго, лъимал, руччаби, херал ратIа гьаричIого. Гьеб чIвай-хъвей жеги лъугIунги гьечIо. Бусурбаби чIваялъул хIужаялде дандечIарал гIадамазул ва жамгIиял хIаракатчагIазул данделъаби тIоритIана гIицIго Россиялда гурелги, Европаялъул пачалихъаздаги. ГьабсагIат бусурбабазулгун рагъ гьабулеб буго буддазул диналъул вакилзабаз. Гьел чIваялъе гIиллалъунги рикIкIунеб буго Ракхайн штаталда радикалияб политикияб нух тIаса­бищарал бусурбабазул къокъаби полициялъулазде тIадекIанцIи. Гьеб балагьалдаса лъутун гIадамал унел руго аскIор ругел пачалихъазде. 27 азарго чияс бахун буго Бангъладешалъул гIорхъи. 40 чи хун вуго Наф гIор бахунагоги. Гьезда гъорлъ руго лъималгун руччабиги. Гьел киналго руго «рохинжа» абулеб гьитIинаб миллаталъул чагIи. Гьеб пачалихъалъул Ракхайна штаталда гьезул буго миллионалдаса дагьабго цIикIкIараб къадар. Мьянмаялда гьел жидерго пачалихъалъул гражданаллъун рикIкIунел гьечIо. Абулеб буго гьел Бангъладешалдаса лъутун рачIарал гIадамал ругилан.
Гьениб некIогоялдаса гIумру гьабулеллъун рикIкIуна «мони» миллат. Гьеб улкаялъул халкъазул 89 % ккола буддистал, насраниял – 4 %, бусурабабиги — 4 %.
Гьанжесеб гьеб балагьалъулаб лъугьа-бахъинги ккола 2012 соналъул 4 июналда Ракхайн штаталда буддистазда ва бусурбабазда гьоркьоб букIараб тунка-гIусиялъул хIасиллъун. Доб мехалда рохинжазул 4665 мина бухIун букIана, ва гьез Таиландалде лъутизе байбихьана.
Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун гIемерал улкабазда лъугьун буго рахIатхвей. Гьеб рахъалъ нахъе­къан чIун гьечIо Северияб Кавказалъул республикабиги. Миллатазда хъвараб жо нилъеда кидаго хъинтIула. Гьединал лъугьа-бахъинал нилъеца какула, хIакъир гьарулезул рахъккола. Амма жакъа бичIчIулареб жо буго Мьянмаялда сверухъ ругел бусурбабазул кIуди-кIудиял пачалихъал щай руцIун чIун ругелали. СагIудиязул ГIарабиялъ, Катаралъ ва цогидалги пачалихъаз щай гьелда сверухъ жидерго рахIатхвей бихьизабулареб? Северияб Кавказалъул республикабазда ахIи буго нилъ гьезие кумек гьабун рагъизе рилълъине кколилан. ХIажат гьечIеб гьеб ахIи-хIуралъ нилъ рачине бегьула Сириялда бугеб рагъулъго гIадин, гьениб гIахьаллъи гьабизе Кавказалдаса гIолохъаби иналде. Жакъаялде чан жаназа бачIараб Дагъистаналде гьеб ракьалдаса? Кинаб хIасил ккезе бугеб гьанжеги нилъеца добго кьохорхоялда хIетIе чIани? Гьел суалал цIакъго кIвар бугеллъун ккола ни­лъее. Жакъа хIажат буго пачалихъияб букIа, халкъияб букIа дипломатияги хIалтIизабун, би тIечIого, гьеб хIалуцин гIодобе буссинабизе. Гьелда бан МахIачхъалаялда, Грозныялда ва Россиялъул цогидал шагьаразда гьаруна гьеб вахIшилъиялде дандечIарал митингал, данделъаби. Гьединго газетазда ва журналазда хъвалел руго бусурбаби тIагIинариялде дандечIарал макъалаби.
Амма цо-цо би букарарал гIадамаз гIайиб гIунтIизабулеб буго Россиялда гьелъ ООНалда рохинжазул миллат цIуниялда хурхараб резолюциялъул рахъкквечIилан. МИДалъул баяназда рекъон, гьеб буго гьереси. Россиялъ, гьелъул гIаксалда, киналго ахIулел руго гьеб гудракьа рорчIизе ккани, кIиябго рахъ гIодоре риччан цоцада ричIчIиялде рачIиналде.
Гьелго гIадамаз хIалтIи гьабулеб буго бусурбабазе «кумекалъе» фондал рагьизе ва гIарац бакIаризе. Амма кибе гьеб гIарац ине бугебали лъалеб гьечIо. Ахиралда жал толел гьечIиланги абун щвараб бечелъиги бакIарун гьел тIагIунел хIужабиги ругелъулха. Гьединлъидал анкьцIул борцун, цинги къотIун лъикI.
Зикрула Ильясов,
Россиялъул халкъазул
ассамблеялъул
Дагъистаналъулаб
гIуцIиялъул нухмалъулев