5 июлалда, цIаги ккун, бухIана Шамил районалъул Гъогъолъ росдал мажгитги аскIобго цун букIараб мадрасаги. ЦIаялъ зарал гьабуна гьениб гIагарда букIараб мина-рукъалъеги. ТалихIалъ, гIадан-чиясе зарал ккечIо. Амма эхетерал къадал хутIизегIан рас течIого бухIана мажгитги мадрасаги. ТIарикъаталъул устар, ГIуриса ХIусенил МухIамад-афанди (къ.с) Гъогъолъ гIумру гьабун вугеб заманалда...

