12 февралалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас данде гьарун рукIана республикаялъул бакIалъул нухмалъулел. Гьезда тIадаб бищунго аслияб суал халкъалъул гIумру лъикIлъизаби кколин абулаго, Васильевас гIезегIан интересал лъазабиялги гьаруна. Масала, гIадатиял гIадамазе асар гьабун бугоан хъулухъаздаса махIрум гьаризе цо-цо нухмалъулезе цIарал къоял хутIун ругилан Владимир Васильевас гьабураб лъазаби. Гьедин щибаб районалдаса гIадамаз жиде-жидер муниципалиял гIуцIабазул бутIрузда хурхун...

