Министерствоялда цIа рекIана

30 январалда МахIачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотIноб бугеб базаралъул спортивияб къайи-цIа бичулеб складалда рекIараб цIаялъ кинабго бакI бухIана. ЦIа свинабулел чагIазул 44 чиги кIиго техникаги букIана гьениб хIалтIулеб, амма цIа свинабун бажаричIо. 

 

Гьенисан цIа щун буго республикаялъул Промышленносталъулгун энергетиаялъул министерствоялъул минаялдеги. МухIкан гьаричIел баяназда рекъон, гьеб миная­лъул бащдаб бухIун буго. Киналго хIалтIухъаби нахъе гочинарун руго. Амма гьеб баян тасдикъ гьабулев чи нижехъе щвечIо. Гьединлъидал тIубанго гьелде мугъчIвай гьабулеб гьечIо нижеца.
2017 соналъул марталда къаси сардилъ цIаги ккун бухIун букIана Ирчи Хъазахъил къотIноб бугеб базарги. Ричарухъабазул дармил рукъзал гIемерисел рухIун рукIана. Чанго миллион гъурщил зарал ккарал ричарухъаби чанго нухалъ митингалдеги рахъун рукIана. Амма гьезие рецIалил гIарац жеги щвечIо.