«Россиялъул туснахъалда тIамизе, рокъорениги раче»

27 январалда ДРялъул хIуку­ма­талда хабар ккана Сириялдагун ГIиракъалда туснахъ гьарун ругел нилъер гьаниса руччабигун лъимал тIадруссинариялда сверухъ.

 

     Гьединаб гьаригун республикаялъул тIалъиялде рачIун рукIана гьезул эбел-эмен, гIага-божарал. Гьел къабул гьаруна хIукуматалъул вице-премьерал Анатолий Карибовасгун Рамазан Жафаровас, гьединго лъимералъул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ республикаялда йигей официалияй вакил Марина Ежовалъ.
     Сириялдагун ГIиракъалда ра­гъал ккарал бакIазда хутIарал Да­гъистаналдаса руччабиги лъималги тIад руссине квербакъиялъе 2017 соналда гIуцIараб комиссия буго республикаялда. Гьениб хIисабалде босун буго балугълъиялде бахинчIеб 810 лъимер. Гьедин ахирал соназда Дагъистаналде тIад буссинабун буго 91 лъимер. Гьезда гьоркьоса 71 лъимер гьабсагIаталда республикаялда буго. 15 – Россиялъул цогидал регионазде, гьединго кIиго лъимер Азербайжаналдегун Турциялдеги ун буго гIага-божаралгун цадахъ.
     Абулеб буго ГIиракъалъ Россиялдаса тIалаб гьабулеб бугин туснахъалда тIамурав нилъер щивав чиясда тIад жидеца харж гьабураб лъабаза-азар доллар. Гьеб гIарац жидецагоцин бакIарилаанин хIукуматалде ккезе течIого, жидер лъимал дораса нахъе риччалеланиян рукIана батIи-батIиял росабалъагун шагьараздаса 27 январалда МахIачхъалаялде рачIарал гIадамал.
     Гьез абулеб буго, гIайиб батани, жидер лъимал гьанире, рокъореги рачун, законалде цIайилан, чияр ракьалда течIого ВатIаналде рачине кумек гьабейилан.
     Цо-цоял хIадур руго жалго хадур унги дораса гIагарал нахъе тIалаб гьаризеги. Амма Марина Ежовалъ гьезда бичIчIизабуна халкъазда гьоркьосеб къотIи-къаялда рекъараб изну бугел чагIаз гурони гьеб иш тIубаларилан.
     Руччабазул цо къокъа вице-премьералгун дандчIвазе Марина Ежовалъ рачун араб мехалда, гьелъул хIалтIулеб бакIалда хутIун йикIана 50-60-гIан чIужугIадан. Гьезухъа сияхI босулел полициялъул хIалтIухъабиги рукIана. Гьез хъвалел рукIана чияр ракьалда хутIарал жидерго ясазул, гьезул лъималазул цIарал.
     Гьел руччабазул гIемерисез бицунеб жо релълъараб букIана. Цо кIалдисан гIадин абулеб букIана гьезул лъималазул бутIрул сверизарурал вербовщиказул хIакъалъулъ. Гьезул гIемерисел Сириялде щваралго кантIунги руго.
     Масала, МахIачхъалаялъул цо больницаялда хIалтIулей Гуля абурай магIарулалъ бицана Сириялде щун гIемер заманго иналде жиндир васас ахIун бачIанила жиндихъе тIаса лъугьин гьарун. ЛъикIаб хъулухъалда банкалда хIалтIулев вас вукIанила гьев. Къокъабго заманалда гIакълуги хисун, Сириялде ун ватанила гьев жиндаги лъачIого. Вас дове ун кIиго моцIидасан гьесдаго хадуй гьесул лъадиги анин бачун кIиябго лъимергунилан бицана Гуляца. Сириялде щведал, жеги кIиго лъимерги гьабун буго гьезие. Амма гьабсагIаталда вас чIаго гьечIин бицана гьелъ. Лъадиги ункъабго лъимерги Сириялъул Аль-Хол туснахъалда рагIула.
    «Вице-премьералгун дандчIвазе арал руччабазда гъорлъ дун йикIинчIо. Амма, йикIарайани, дица дозда гьи­къилаан паспортал хIадурулеб хъулухъалъул хIалтIуда хадуб хал щай нужеца кколаребилан. Дир нусалъе 15 азарго гъурщиде лъабго къоялда жаниб гьабун кодобе кьун буго къватIисеб хIукуматалде ине паспорт. Дунин абуни моцIица балагьун чIезе ккола гьелъухъ», — ан бицана Гуляца.
    ТIаде балагьун гIезегIан сабурай, магIна бугей, жиндир иш лъалей гIадан йигоан гьей. Дагьалъ цебе Владимир Васильевас «ДРялъул сахлъи цIуниялъул мустахIикъай хIалтIухъан» абун цIарги кьун буго гьелъие. Амма гьоркьо-гьоркьор рачIун, къанун цIуниялъул идарабазул хIалтIухъабаз рокъоб чIухь бан, террористасул эбелилан рогьрал ран, рахIатги хвезабулилан къварилъахъдана гьей.
    Цойги магIарулалъ бицана щуябго сон бугила жиндир васасда хадуб магIу тIолелдаса. Къаси рокъове вачIинчIеб мехалда, гьесул лъалкI цIехезе полициялде ун йиго гьей. Гьесул телефоналдасан лъан буго гьев Минводы шагьаралда вукIин. Гьеб мехалда эбелалъ гьарун буго полициялда дова кквейин гьевилан. Амма гьес Минводыялда гьабураб такъсир яги гъалмагъир гьечIелъул, жидер ихтияр букIунарин гьев кквезеян жаваб кьун буго полициялъулаз.
     Цойги гIадан йикIана гьений яса­лъулги гьелъул лъабабго лъимера­лъулги суалалъ ячIарай. Нечаевкаялда рос чIван хадув, гьей гIаданалъул яс, бачун лъабабго лъимергун, ун йиго Сириялде. Росасул васият букIанила гьединаб.
     «Лъица кумекги гьабун гьей дое араяли Аллагьасда лъала. Бищун гьитIинай ясалъ жеги лъагIел бан букIинчIо. Гьаб ригьалда дихъа бажарилароха жакъа гьеб лъабабго лъимерги бачун Гъизилюрталдаса МахIачхъалаялде ячIинегицин. ТIадежоялъе капек гIарацги букIинчIо гьелъухъ», — илан бицана гьей гIада­налъ. Гьелъул яс чIван йиго Сириялда.
      Гьанже гьей гIолохъанчIужуялъул лъабабго лъимер рагIула ГIи­ра­къа­лъул цо приюталда. Гьезухъ балагьун чIун йиго гьей Гъизилюрталдаса гIаданги.
      Цо-цо баяназда рекъон, февралалъул байбихьуда гьел лъимал самолеталда тIадруссинаризе рагIула Россиялде. Амма хIинкъигьечIолъи цIунизелъун гьеб бачIунеб бакIги заманги балъго гьабулеб буго.