УФАСалъги тезабулеб буго хIакимзабазда хъулухъ

29 январалда Монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) республикаялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Каир Бабаевас журналистал ракIарун рукIана 2019 соналда жаниб гьабураб хIалтIул бицине.

 

    Араб соналъ гьез къабул гьабун буго кинабниги 1700-гIанасеб гIарза. Гьеб рахъалъ, Россиялъул регионазда дандеккун, Дагъистаналъул УФАС цебесеб бакIалда буго. Гьединго контракталъул системаялъул къанун хвезабура­лъухъ 5291000 гъурщиде гIакIаги къотIун буго УФАСалъ.
    Гьелда гьоркьоса 3000000 гъурущ кьун буго пачалихъиял идарабаз.
    ГIамм гьабун босани, араб соналда жал батIаго квеш хIал­тIи­чIин абуна Каир Бабаевас. Амма гьабичIого хутIараб хIалтIиги дагьаб гьечIин.
    Хадуб журналистаз байбихьана суалал кьезе.
    Масала, гьикъана МахIачхъа­лаялда маршруткабаз рекIадухъ босулеб багьаялъул хIакъалъулъ. Араб соналда гьелда сверухъ гIемераб гIалагъважа букIана. Цо-цо маршруткабазул шофераз байбихьана 23 гъурущ босизе.
    Цогидаз лъазабуна жидеца багьа бахинабизе гьечIин, 17 гъурущго толеб бугилан.
    Гьеб мехалда республикаялъул УФАСалъ гьезда лъазабун букIана нужер ихтияр гьечIин анлъго гъурщица багьа бахинабизе. Амма Москваялъ къабул гьабичIо гьелъул гьеб хIукму. Гьедин 2019 соналъул ахиралде киналго маршруткачагIаз 23 гъурущ абун чIезабуна рекIадухъ багьа.
    Щай гьедин ккараб ва кIолеб бугищ багьабазда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал хисизабизеян гьикъана пресс-конференциялда.
    Иш гьединан ккеялъул гIайиб жидедаго бугеб гIадаб асар ху­тIанин жиделъилан абуна Каир Бабаевас. Амма жидер гIайибги кинабилаха гьениб букIинеб? Ми­ллионалдасаги цIикIкIун чи вугеб шагьаралда жакъа транспорта­лъул компанияз хIалтIизабулеб бугеб система дандекколарила.
    Бабаевасул рагIабазда ре­къон, цоги шагьаразда кирниги данд­чIваларо МахIачхъалаялда гIадал пассажиразе санагIалъи гьечIел «Газелал». Гьединлъидал гьеб рахъалъ хиса-баси гьабизе кколила, тIоцебесеб иргаялда.
    КIиабилеб бугони, УФАСалъ хIукму гьабулаго хIисабалде ро­сичIел техникиял ва цогидал гIиллабиги ратун руго гьенир. Гьебги хIисабалде босун, нахъ­чIван бугоан Москваялъ гьезул хIукму.
    Амма жал кверал тIатIала лъун чIун гьечIин, пассажирал раччиялда хадуб автоматизированнияб система хIалтIизе биччазе ракIалда бугин бицана Каир Бабаевас. Гьеб хIалтIизе лъугьун хадуб бигьалъила гьел багьабазда сверухъ бугеб гIалагъважа роцIинабизеги.
    Гьединго журналистаз гьи­къана УФАСалъ хIалтIизабизе байбихьараб «Дисквалификация» абураб статьяялъ кинал хIасилал кьурабиланги.
    — КIиго хIаким хIалтIудаса вахъана нижеца гьеб статьяялда рекъон, — илан бицана Каир Бабаевас. — Гьезул цIарал гьанир рехсечIого тела. Гьеб гьанжего-гьанже хIалтIизабулеб буго нижеца. Гьелъ лъикIаб хIасил кьезеги байбихьана.