Новость на родном

Конституциялда хиса-басиял: лъикIищ, квешищ?

КватIичIого РФялъул Конституциялда гьаризе ругел хиса—басиязда бан, цо—цо дагъистанияз гьадинал пикраби загьир гьаруна «ХIакъикъат» газеталъе.     «Путинидаса лъикIав чи вихьулев гьечIо» МухIамад РАМАЗАНОВ, юрист, ННТ телеканалалъул ведущий: -Лъица щиб бицаниги, дица рахъ ккола гьел хиса-басиязул. Гьезул багьанаги батун, президентасул болжал халалъизабизе къваригIин кколин гьелъул магIнаян чIун руго цо-цо чагIи. Амма гьедин гьабуниги­цин, Владимир Путинидаса...

Новость на родном

ГIорхъаби рагьаниги, гIорхъичIваял хутIана

15 июналдаса байбихьун республикаялда гIорхъичIваялъул низам дагь-дагьккун нахъе бахъизе байбихьана. Амма ахIвал-хIал хIалуцани, гьеб хIукму хисизабизе бугин, гьединлъидал гIорхъичIваялъул низам бигьа гьаби заманаялъе гьабураб тадбирлъунги ккезе рес бугин лъа­забуна гьал къоязда республикаялъул «Роспотребнадзоралъ».   ТIоцебесеб иргаялда, хIалтIизе риччана парикмахерскиял, ретIел чурулел бакIал, хIамамал, батIи-батIияб къайи-цIа бичулел тукаби ва гьел гурел цогидалги бакIал.   Гьединго шагьаралъул...

Новость на родном

«Дунги инчIони, цоги щив инев?»

  «ХIакъикъат» газеталъ байбихьулеб буго, коронавирусалде данде къеркьолаго гIумруялдаса ратIалъарал, медицинаялъул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ хъвазе. ГIаммаб куцалда Россиялда гье­зул 190 чи хванин хъвалеб буго ин­тернеталда. МухIканлъи жеги лъа­ларо. Гьединго чIванкъотIи гьечIо Дагъистаналда хваразул рахъалъанги. Цояз 40-йин, цогидаз 50-йин рехсолел руго тарихал.     Кин батаниги, гьезул цояй ккола 28 апрелалда Аллагьасул къадарал­де щварай Гъуниб районалъул Шан­гъода...

Новость на родном

Халкъалъул вакилзабиги демократияги

Жакъа гIадин ракIалда буго, араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназда росдал советалде депутатал рищула­го, избирателазда цIехолеб букIана щибаб округалдаса депутатлъиялде кандидатасе кинаб тIадкъай бугеби­лан ва гIадамаз, хIажалъи бихьун, за­гьир гьарулаан тIуразе кколел масъ­алаби. Гьединабго хIал букIунаан райсоветалде ва республикаялъул Верховный Советалде депутатал ри­щулаго, гьел избирателалгун дандчIвалаан.   Лъабкъоялда анцIабилел соназда Дагъистаналъул Верховный Со­веталде кандидатлъун вищула Мокъокъиве (гьениб...

Новость на родном

Цогидаз хъуб гьабулеб мисал течIо умумуз нилъее

1 июлалда тIоритIизе руго Кониституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял. Гьелъул бицунаребги, хъваларебги бакI гьечIин абизе бегьула социалиялгун, информация тIибитIизабулел сурсатазда. ХIатта пандемиялъул суалги дагьаб нахъегIан цунин ккол гьез.   Улкаялъул аслияб документалда жанир гьаризе ругел хиса-басиязда гьоркьоб буго: Жиндир заманалъулаб ва киналго разияб медицинаялъул кумек щвеялъул, щулияб сахлъи букIунеб гIумру гьаби, хъизан-лъималазул институт камил гьабиялъул...

Новость на родном

21 июналда — цереккунисел рищиял

Гьаркьал кьезе рачIараб бакIалда гIадамалги гIемерлъун цоцаде коронавирус бахинаредухъ нилъер цо-цо росабалъ рищиял 21 июналдаго  тIоритIизе руго.   РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял тIоритIизе 1 июль бихьизабун буго. Амма гьелъие гьаркьал 25 июналдаса байбихьун, гьеб къоялде щвезегIанги кьезе бегьула.   Гьедин, цереккунисел рищиял рукIине руго  Дагъистаналъул ичIго районалда (рищиязул участоказдаса рикIкIад ругел росабалъ, хъутабазда)....

Новость на родном

Нахъеги гIорхъидул суал

Гьал къоязда нахъеги хабар ккана Гумбет районалдасан унеб Чачан республикаялъулгун гIорхъода тIасан.   Абулеб букIана рачIун гьенирегун чачаназ жидерго бакI бихьизабулел игIланал чIван ратанилан. Гьелъ цIидасан хъуй бахъана интернеталда. Цо-цояз гьеб хабар миллатчилъиялдецин сверизабизехъин букIана.   Амма Гумбет районалдасан щва­раб баяналда рекъон, игIланал гурел, гьадинго тIилал чIван рукIун руго гьенир. Гьанже нахъе рахъунги руго. Районалъул...

Новость на родном

Хвелги вагIза буго бусурманчиясе

Республикаялъул Динияб идараялъ баркала загьир гьабуна гIидалъул къоялъ халкъ къватIибе бахъинчIого чIаралъухъ. Рокъоса къватIире рахъунгеян гIадамазда гьарулеб бугелдаса кIиго моцIидасаги цIикIкIун заманги бана. Амма гIемерисез гьеб гьариялъул сан гьабичIо. Сордо-къо батIа гьабичIого добе-гьанибе женжелеб букIана халкъ. Гьелъул кинаб хIасил ккарабали гьаниб такрар гьабиларо. Хваразулги захIматго унта­разулги хIакъалъулъ баян кьечIеб номер букIинчIо нужеца гьабсагIат цIалулеб газеталъулги....

Новость на родном

ГIаданлъиялъул рахъ беццараб гьечIищ?

К о р о н а в и р у с г у н къеркьолаго, къадарал­де щварал тохтурзаби ракIалде щвеялъе мону­мент рагьани, лъикIаб букIинин абураб пикру загьир гьабуна гьал къо­язда республикаялъул сахлъи цIуниялъул ми­нистерствоялда цебе бу­геб ЖамгIияб Советалъ.     Гьединаб гьаригун республикаялъул ва тах­шагьаралъул нухмалъ­улезул цIаралда рагьа­раб кагъат хъван буго гьез. Монумент эхетизе лъикIаблъун...

Новость на родном

Наккдалъ бахчун варани тIубачIо

Дагъистаналъе коронавирусалъ гьабураб зарал борцун бажарулеб ро­ценго батиларо. Пандемия байбихьаралдаса нахъе РФялъул президен­тас хасаб данделъи тIобитIизегIан ДРялъул официалияб статистикаял­да ругел баяназда гIажаиблъизе бачIунаан. Хварал гIадамазул къадар бихьизабулеб букIана цIакъго дагь. Гьайгьай, гьел баяназда божизе рес букIинчIо, щайгурелъул вацапалда ругел курсцоязул къокъабазда щибаб къойил бицунеб букIана жиде-жидер росабалъ ккарал камиязул хIакъалъулъ. Гьел тIатIала журараб мехалда кколеб...