Новость на родном

МагIарул найил гьоцIоги гIиял гьанги

  Нилъер республикаялдаса найихъан Рафик Сефербеков бергьана «Россиялдаго бищун тIагIамаб гьоцIо» абураб кIудияб конкурсалда. Гьеб тIобитIана ДРялъул Найихъабазул ассоциациялъ, гьединго, гьеб тадбиралъе квербакъана республикаялъул Росдал магIишаталъул ми­нистерствоялъги.   Бищун лъикIал найихъаби тIаса рищулел рукIана анлъго батIияб номина­циялда рекъон. Конкурсалда цере лъун рукIана Россиялъул 30 субъекталда­са 200 батIи-батIияб тайпаялъул гьоцIо. Рафик Сефербеков бергьана «Полифлорнияб чIегIераб гьоцIо»...

Новость на родном

Унтарал дагьлъулел гьечIо….

Декабралъул бащдаб моцIалда жаниб республикаялда ковидалъ ун­таразул къадар цIикIкIана микьнусгогIан чиясдалъун. Гьезул гIаммаб къадар бахана 1750 чиясде.     Коронавирусалде данде къеркьолеб Россиялъул Оперативияб штабалъ кьурал баяназда рекъон, 30 ноябралда республикаялда ковидалъ унтун вукIана 937 чи.   МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больницаялда ругел унтаразул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ Фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералдасан гьеб больницаялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Маллаевас...

Новость на родном

СалтIа цIияб нух рагьана

Гъуниб районалъул СалтIа росулъе рачIунеб шагьранух кьучIдасанго къачIан бахъана. Гьеб ккола 2017-2020 соназда Дагъистаналъул нухазул магIишат цебетIезабиялда хурхун къабул гьабураб программаялъул цо бутIа.    Нух рагьизе СалтIе рачIун рукIана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хиз­ри Абакаров, транспорталъулгун нухлул магIишаталъул министр Ширухан ХIажимурадов, туризмалъулгун халкъияб махщалил рахъалъ министрасул заместитель Эмин Мерданов, Халкъияб Собраниялъул депутатал МухIамад КIудиямухIамадов, Муслим Гиндиев...

Новость на родном

80 соналъ халалъараб рагъулаб нух

5 декабралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал хабалалъ вукъа­на КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи Муса Маркъулов. 1941 сонал­да рагъде арав гьесул хабар къотIун букIана. ГIагарлъиялда лъалеб букIинчIо гьесул къисмат. Гьеб лъана гIицIго 79 соналдасан. Краснодар краялъул Туапсе районалъул Шаумянское росдада аскIор ратана гьесул рукьбузул хутIелал.   Муса Маркъуловасе къадар щун буго Шаумянское росдада аскIоб бу­геб 396-абилеб борхалъиялда....

Новость на родном

ЗАГСалде рачIунезул къадар дагьлъизабуна

8 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцев гIахьаллъараб пресс—конференция.     Гьес бицана коронавирус тIибитIунгутIиялъе гIоло жидер ида­раялъ хIукму гьабунила гьаб гIагараб заманалда ЗАГСалде рачIунел гIадамазул къадар дагь­лъизаби. Минюсталъ гIадамазда гьарулеб буго цIакъго рес къотIидал гурони гьенире рачIунгеян. Масала, лъи­мер гьабиялъул яги чи хвеялъул хIакъалъулъ нугIлъи гьабулел кагъ­тал росизе къваригIани...

Новость на родном

Республикаялъул журналистазулгун дандчlвай

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов 12 ноябралда дандчIвана республикаялъул журналисталгун.Гьениб бицана коронавирусалъ унтарал цIикIкIунел рукIи налъулги, республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIезабизе хIажат букIиналъулги, миллиял проектал тIуразе ккеялъулги, спорталъулги  ва цогидал суалазулги хIакъалъулъ. Масала, миллиял проектал рихьдае гIоло гурел, унго-унголъунги гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе гIоло тIуразаризе кколин абуна республикаялъул бетIерас. Спорталъул рахъалъ абуна нилъер гьанир цIар рагIарал спортменал рахъунел рукIинги лъикI бугила, амма массовияб куцалдаги машгьур...

Новость на родном

«РачIа Алмахъалдасан байбихьизе»

28 октябралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов щвана «Алмахъалде» — туризмалъулгун сах гьариялъул комплексалде. Гьенир данделъун рукIана хIукуматалъул хъулухъчагIиги, туризм цебетIеялъе хIалтIи гьабулел гIадамалги, бизнесменалги.   Гьениб гьоркьоб лъураб аслияб суал букIана хас гьабун Алмахъ къварилъухъ туризм цебе­тIе­забиялъул бицараб. Алмахъ росдал цIар бахъидал, цебе бачIуна гьениб бугеб ритIучIазул фермаги. ТIанкIахарал ритIучIал гьенире 1974 соналдаго...

Новость на родном

ВахIшичи кIиго соналдасан ккуна

Каспийскиялдаса микьго сон барай ясалда зулму гьабурав чи ватана Лаваша районалдаса   18 октябралда цIех-рехалъул идарабаз ккуна 2018 соналда Каспийскиялдаса Калимат ГIумарова чIварав чи. Гьев ватана Лаваша районалдаса, 1984 соналда гьавурав МирзагIалибахIандов МухIамад. Жинцаго гьабураб такъсиралъе гьев мукIурлъанин бицана республикаялъул цIех-рехалъул идарабаз. Сурав босулелъул, МирзагIа­ли­бахIан­довас кьурал баяназда рекъон, микьго сон барай Калимат ГIумарова гьес йикъун...

Новость на родном

ЦIияб портги ччугIил консервазул заводги

Республикаялда байбихьана инвестициялъулаб проект гIумруялде бахъинабиялъул хIалтIи. 12 гама чIезе санагIатаб портги, 40 миллион консервазул банка къватIибе биччалеб заводги базе буго кватIичIого.   «Каспиялъул маяк» абураб предприятие рагьана республикаялда инвестораз, Каспийскиялъул килькаялъул бачIин цIикIкIинабиялъул мурадгун. ЧчугIил бачIин цIикIкIи­набизе ккани, хIажалъана тIадеги цоги портги базе.  «12 гама чIолеб порталда рукIине руго гуми къачIалел бакIал, ккураб ччугIил...

Новость на родном

ЦIунтIадерил депутатаз ганчIал речIчIана

12 октябралда ЦIунтIа районалъул администрациялъул минаялда ганчIал речIчIана бакIалъулал гIадамазул цо къокъаялъ. Гьелдалъун жагъаллъи ккана гьенир цере чIезарун рукIарал администрациялъулги районалъул бетIер Шамил МухIамадовасулги машинабазе.   ЦIунтIа райадминистрациялдаса «ХIакъикъаталъухъе» щварал баяназда рекъон, гьеб заманалда районалъул депутатаз бакIалъул собраниялъул нухмалъиялде Исрапил ГIабдулаев вищулев вукIана.Гьелде щвелалде ГIабдулаев вукIана районалъул бетIерасул заместительлъун. — Районалъул 23 депутатасда гьоркьоса 13...