Новость на родном

Михаил Мишустин Дагъистаналда

    14 апрелалда Дагъистаналде вачIана РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустин.      МахIачхъалаялъул аэропорталда гьесда дандчIвай гьабуна президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкацаги, республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасги, РФялъул Оборонаялъул министрасул замести- тель Тимур Ивановасги ва цогидазги.      М. Мишустинида цадахъ рачIана РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Михаил Мурашкоги, Ростуризмалъул...

Новость на родном

Армиялде ритIулел руго рагъулал махщелазе хIадурги гьарун

      1 апрелалдаса 15 июлалде щвезегIан Дагъистаналдаса лъабазаргогIан гIолохъанчи витIизе вуго Россиялъул армиялде.     Гьедин бицана ДРялъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIафаевас, 5 апрелалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс- конференциялда.     Гьелда гIахьаллъана ДРялъул информациялъулгун печаталъул ми­нистр ГIумаргIусман ХIажиевги, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редак­торасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановги.     Дайтбег МустIафаевас бицухъе, пандемиялъул...

Новость на родном

Ралъдалъе чороклъи биччарал ратана

    Каспий ралъад чорок гьабиялъул гIайиб Дербенталъул чогъролгун коньякалъул заводалда бугин абуна гьеб шагьаралъул нухмалъиялъ.   Чанго къоялъ цебе социалиял гьи­назде рехун бачIана Каспий ралъдалъе рогIороялъусан чвахулеб чорокаб лъим бихьизабураб видеоролик. 5 апрелалда гьелъие жаваб гьабуна Дербенталъул ад­министрациялъ. Гьезул рагIабазда рекъ­он, чагъир гьабулеб «Дагъистан» абураб комбинаталъ щибаб соналъ биччалеб буго ралъдалъе гьеб чороклъи.  ...

Новость на родном

ХIутI-хъумуралъ хурзал пасат гьаризе теларо

  6 апрелалда республикаялъул Росдал магIишаталъул министер­ствоялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна 23 батIияб районалъул нухмалъулезги. Бекьараб жоялъе исана саранчаялъ гьа­бизе бугеб заралалъул хIакъалъулъ бицана гьениб. Министрасул заместитель Шарип Шариповас абуна, жидехъе щварал баяназда рекъон, 75 азарго гектаралда бекьараб жоялъе зарал гьабизехъин бугила исана хIутI-хъумуралъ. БатIи-батIиял химикаталги росун, бекьа­раб жоялде тIаде щван, хур-хер гьездаса цIуна-къазелъун тадбирал...

Новость на родном

Питна-хIур хIажат гьечIо

  6 апрелалда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда Сер­гей Меликовас къимат кьуна арал гIодоркъояз Чачаналдаса чотIахъаби республикаялде рачIиналъе. Гьеб лъугьа-бахъин ккана 3 апре­лалда. Новолак районалда вукъун ву­гев имам Шамилил наиб Беноялдаса Байсунгъурил хабаде зияраталъ вачIун вукIана Чачаналдаса 29 чотIахъан. «Ахмат-сила!» — ян ахIдолел гьел лъал­хъизаруна полициялъ. Гьединал тадбирал бакIалъулаб нух­малъиялда дандги ран гьаризе кколин бицана низам...

Новость на родном

Нухмалъуда — гIолохъаби

  5 апрелалда республикаялъул спорталъул министрасул замести­тельлъун тасдикъ гьавуна Будун Будунов. Чанго соналъ гьес нух­малъи гьабуна республикаялъул футболалъул федерациялъе. Амма гIемерисезда Будунов ракIалда вуго машгьурав футболист хIисабалда. 1995 соналъ гьев вачIана «Анжи» командаялде ва чанго со­налъ вукIана бищунго церетIурал футболистазул цоявлъун. Республикаялъул спорталъул ва физическияб культураялъул министра­сул заместительлъун Б. Будунов вукIана 13 соналъ цевеги. 2016...

Новость на родном

ХIеж лъаларо, 9 май кIодо гьабизе буго

  Коронавирусалда сверухъ республикаялда бугеб ахIвал-хIал жакъа къоялъги парахатаб гьечIо. Унтаразул къадар дагьлъулеб гьечIолъиялъул хIакъалъулъ бицана 6 апрелалда тIобитIараб Оперативи­яб шатабалъул данделъиялда ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасги. — Цо къоялда жаниб унтулезул къадар бахунеб буго 40-45 чиясде. Гьеле гьеб гIиллаялъ буго нилъеца гьаб данделъи щибаб анкьалъ тIобитIулебги. Гьединлъидал цо-цо тадбиразда хурхун лъазарурал гIорхъичIваял жеги...

Новость на родном

«Заманалъул матIу»

         30 марталда Миллияб библиотекаял­да тIобитIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абун магIарулазул милли­яб газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул презентация.        Нижеца цебехун бицун букIахъе, гьел­да жанибе бачун буго магIарул аслияб га­зеталъул 104 сонилаб тарих.        Лъабго сагIаталъ халатбахъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана магIарул...

Новость на родном

Хьитал чураралъухъ — 300 000 гъурущ

       Калининградалда бугеб гарнизоналъул рагъулаб судалъ, гьал къояз­да, хIукму къотIана нилъер республикаялдаса кIиго гIолохъанчиясда хурхун. Гьел ккола Расул Сайхановги Жамалдин МухIамадовги.     Калининградал­да бугеб насрани­язул килисаялда аскIосан чвахулеб, дугIа гьабураб, лъе­де гъоркьеги ккун хьитал чураралъ­ухъ уголовнияб дело рагьун букIана гьезда тIад араб со­налъул сентябрал­даго. ГIолохъабаз рекъечIеб иш гьабу­леб мехалъ бахъараб видео рехун...

Новость на родном

Къагьиралъул майданалда ХIамзатил Расул

       29 марталда Египеталъул тахшагьар Къагьиралда рагьана Расул ХIамзатов ракIалде щвезавиялъул хIурматалда гьесие лъураб бюст. ЦIадаса дунялалдаго машгьурав шагIирасул сураталда гьабураб ганчIил си эхетун буго Къагьиралъул «Эль-ХIуррия» ахикь. Гьениб аскIобго буго гьезул операялъул минаги.      Гьелъул автор ккола Египеталдаса скульптор ва художник ГIусама ас- Сеури. Дунялалда гьев лъала искусствоялъул ва гьединго гIелмуялъул...