Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас шапакъаталги кьун кIодо гьаруна республикаялъул гIумруялда кIвар бугеб лъалкI тарал дагъистаниял. Гьезда гьоркьор рукIана ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъа МухIамад ГIабдурахIмановги Луизат ГIалихIажиеваги. Гьеб ккола гIемер лъимал хьихьулеб хъизам. РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьезие кьуна «Родительская слава» абураб орденги ХIурматалъул грамотаги. 20 соналъ – школалда Нижеца...



