Цо хьагинир хинкIал гIадин

Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас шапакъаталги кьун кIодо гьаруна республикаялъул гIумруялда кIвар бугеб лъалкI тарал дагъистаниял. Гьезда гьоркьор рукIана ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъа МухIамад ГIабдурахIмановги Луизат ГIалихIажиеваги. Гьеб ккола гIемер лъимал хьихьулеб хъизам. РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьезие кьуна «Родительская слава» абураб орденги ХIурматалъул грамотаги.

20 соналъ – школалда

Нижеца МухIамадги Луизатги ахIана редакциялде гьоболлъухъ, баркана гьезда тIадегIанаб шапакъат ва гьезулгун гара-чIвариги гьабуна.

47 сон барав МухIамадги гьесдаса 10 соналъ гьитIинай Луизатги гьаруна ва гIуна ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъ. Школалда цIалун вахъарав МухIамад ана армиялде ва, гьениса тIадвуссиндал, байбихьана росдал школалда пионеразул кIудияв вожатыйлъун хIалтIизе. Гьебго соналъ байбихьана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул географиялъул факультеталда заочно цIализеги. «Гьениб букIана ингилисгун география, тарихгун география ва геологиягун география малъулел отделениял. Геологлъун хIалтIизе ватIаналдаса рикIкIад витIизе гурин абун, дица тIаса бищана тарихгун географиялъул отделение. Кутакалда бокьулаан дие география. Дицаго тIасаги бищана гьеб ва гъираялда кьолаан цIалдохъабазе дарсалги», — ян ракIалде щвезабуна М. ГIабдурахIмановас.

20 соналъ хIалтIана МухIамад школалда. Гьеб заманалда гьес гьабуна хъизам – ячана росуцояй Луизат. Цоцазе рокьунищ данделъарал нужан гьикъана дица гьезда. «Доб заманалда вокьи-вокьунгутIиялда бараб букIунароан ригьин. Эбел-инсуца кьураб бакIалде анаха дунги. Инарин кин абилеб инсуда? Гьедин абизе бегьилин ракIалдецин ккечIо. Амма эбел-инсуца малъараб гьабиялдаса цогIаги нухалъ ракIбухIичIо дир», — ан бицана Л. ГIалихIажиевалъ.

 

Лъималазе гIоло рахъана гIатIиракьалде

МагIарухъ рукIаго, хъизамалде кIвар кьолей хутIана Луизат. Хьихьулеб боцIиги, рукъалъул хIалтIиги, гIолел лъималги – гьеб буго чIужугIаданалда тIадаб борч тIубазаби. Соналдаса соналде кIодолъана гьезул хъизам. Луизатица гьабуна 15 лъимер. БатIи-батIиял гIиллаби ратун, Аллагьасул къадар щвана гьезул анкьгоясе. ГьабсагIаталда гьезул буго микьго лъимер. Анлъго лъимер хьихьизе захIмалъулеб бугин абун, гьел гочана гIатIиракьалде. МахIачхъалаялда гIагарлъухъ цебего босун букIана гьез ракьул бутIа. Лъимал кIудиял гIедал, гьел студенталлъун рахъиндал, жанир рукIине гьитIинабго мина балин хьулалда рукIарал гьез гьанже жидеего мина базе ккана. «МагIишат гьабизе захIматаб бакI буго Сагьада росу. Ине-рачIинецин бигьаяб иш гуро. Халкъалъул аслияб магIишат бухьараб буго гIи-боцIухъанлъиялда. Бащдаб лъагIелалъниги рес щоларо боцIи гIалахалде гъезе – гьеб бокьобго хьихьизе ккола, гьединлъидал гIемераб рагIи-хер хIадуризе ккола. Хер бецизе ккола харицел-хъандироялъ, баччизе ккола хIамуздаги лъун. Цодагьабниги бигьалъи букIинилан, гочана ниж Дачный поселокалде», — ян бицана Луизатица.

Гьезул буго 10 сотых ракьул. Гьениб бана мина, боцIуе бокьал ва хутIараб ракь бекьула. Ракь цIамхIалаб бугелъул, гьениб ах гIезабун бажаруларинги абуна МухIамадица. Амма аслиял кванил нигIматал — картошкагун хъапустIан, помидоргун охцер ва цогидалги — жидерго хуриса кваналин жидецаянги бицана гьес. Гьез хьихьула анлъго хIайван, гьезда гьоркьоса ункъо — бечIчIулеб гIака. «Рахьдал нигIматал хIадурула дица. Хьихьараб оц яги бече бичула. Бичизе хIан, рахь, нису дир букIунаро — рокъоб кванан, гьобол-гьудуласе садакъаде кьун, лъугIула. Тукадаса рахь, нису, тIорахь босуларо дица — дицаго хIадурараб бокьула лъималазеги», — ян бицана Л. ГIалихIажиевалъ.

 

Цояз цогидал хьихьун…

Гьелъие сундулъго кумекалъе ратула лъимал. Анлъго ясги кIиго васги ругеб кIудияб хъизам хьихьизе, гьезие тарбия кьезе захIмалъуларищан гьикъидал, хъизамалъул эбелалъ абуна, чIахIияз гIисиназул гIадлу гьабулин абун. Бищун кIудияй яс цIалулей йиго медицинаялъул колледжалда, хадусей — гуманитариябгун педагогияб колледжалда. Бищунго гьитIинав васасул буго лъагIелгун микьго моцI. ХутIарал школалде хьвадула.

Нилъер жамгIияталъул бербалагьиялдаса рази гьечIоан кIудияб хъизамалъул эбел. «Цоял хIикмалъула, цогидаз абула, мун гIадаллъунищ йигей, захIматаб заманалда гьалгуниял лъимал гьаризеян абун. Анкьабилеб лъимер гьабизе больницаялде щведал, тохтуралъ гIемераб мацI бицана дие, яс больницаялдаго тезайизе мурадалда. Кин бегьулеб дирго лъимералдаса инкар гьабизе?! Дица инкар гьабичIелъулищали лъаларо – дир тIалабго гьабичIо гьез. Дир хIал щиб бугебан цIехезе вачIарав дир росасдаса балъго гьабуна гьез, дица яс гьаюраблъиги, дун захIматаб хIалалда йигеблъиги. Абизе бегьила, Аллагьасул хIалкIолъиялъго хваликьа йорчIанин дунан.

КIудияб баркала буго микьабилеб лъимер гьабулаго дие хъулухъ гьабурал тохтурзабазе – кутакалда тIадчIун тIалаб гьабуна гьез дир. Операция гьабизе ккана гьебмехалда. Отделениялъул нухмалъулелъ гьабуна операция. Гьелдаги бицана дица цебеккун тохтуралъ дир ракIхвезабураблъиги. Анлъабго лъимер магIарухъ гьабурай дида ракIалде ккун букIана, шагьаралъул тохтурзабазулъ гIаданлъиялъул къатIра хутIун гьечIилан — батIи-батIиял рукIун руго гьелги», — ян ургъел бикьана Л. ГIалихIажиевалъ.

ГIолилазе малъа-хъвай

КIудияб хъизам хьихьулев МухIамадие бигьаго гьечIо гIумру гьабизе. Учителасул пишаги тун, гьес байбихьана бакIал раялъул махщелчилъи камил гьабизе. ГьитIинго эбел-инсухъа щвараб тарбиялъ хIалхьиялда вукIине толаро гьев. Жиндаса кIудиял вацазе минаби ралаго, ганчIил къед базеги, цогидаб хIалтIи гьабизеги магIарухъго ругьунлъарав гьев гьанжеги вукIуна минаби ралев. КьучI лъеялдаса байбихьун, тIох баялде гIунтIун – кинабго хIалтIи бажарула гьесухъа. «МагIарухъ гIурал гIолохъаби, 20 сон балелдего, рахъуна ганчIил устарзабилъунги къадахъабилъунги. Нечезе ккеларищ, гьаб-доб хIалтIи дихъа бажаруларин абизе», — ян пикру загьир гьабуна МухIамадица.

«Гьанже ригьнал гьарулел гIолилазе кинаб малъа-хъвай гьабилел нужеца?» — ян гьикъидал, гьадинал жавабал кьуна гьез. МухIамадица абуна: «Лъимал кватIун гьариялъул къварилъи букIунарин чIоге. Херлъараб мехалда лъималазул тIалабалда рукIинчIого, лъималазул лъималазул агъазалда рукIине ккола нилъ». «ГIолохъанал хъизамазе дица гьарула рокьи, цоцазда ричIчIи. Биччаге рекIелъе цоцазухъ рокьукълъи. Лъимал гьарураб мехалда, сваказе бегьуларо — нужер лъималлъидал гьел! Дида гIемер рагIула, гьал лъималаздаса свакан йигеб куцан къварилъахъдулей эбел. ЦIикIкIун кIвар кье лъималазе тарбия кьеялде, рукъалъул гIадлу гьабиялде ва бищунго аслияб – телефон рикIкIад гьабе!

Гьанже руччабазда гьоркьоб модаялда буго берцинлъиялъул салоналде, сауна-хIамамалде, кафе-рестораналде хьвади. Нилъеда рихьула кIутIби чIахIалъизарун, кьунсрул къачIан, хьвадулел руччаби. Гьеб буго Аллагьасда мал бай. Гьес кьуралдаса тIокIаб берцинлъи щай хIажат бугеб? Гьедин къачIадарал руччабазе жалго жидеего рокьуларо! Дун диего йокьула — биччанте цогидазе йокьунгутIизе! Биччанте Аллагьас йижухъе дун къабул гьайизе аскIор ругезги, нухда дандчIваразги, гьудул-гьалмагълъиялъги. Аллагьас дие кьураб берцинлъиялдаса рази гьечIев чи валагьугеха дихъ! Дирго ясаздаги гьедин малъула дица. ЧIужугIаданалъ жиндирго рацIцIалъи чIезабизе ккола, дагьа-макъабго «марафетги» гьукъиларо, амма черх хисизабизеян лъугьине теларо.

ХIисаб гьабе: щивав инсан вижун вуго, жиндир хаслъи загьирлъуледухъ. Гьанже къотIнор дандчIвала цо коцонир тIурал ясикIабигIанги цоцазда релълъарал гIадамал. Кибха бугеб берцинлъи? Гьеб хаслъиялъухъ гурищ рокьи кколеб букIараб бихьинчиясул? Цогидас сурукъайлъун тарайги йокьун гурищ хIасрат бергьараб рокьул кечI хъвалеб букIараб? Гьеб хаслъи тIагIунеб буго…», — ян бицана Луизатица.

«Къаси – берцинай, радал — сурукъай» — гьедин абулеб буго гьанжесел ясазде бихьиназ. Цогидал шагьаразул гостиницабазде ккедал, гьеб пикру ритIухълъулебги буго», — ян тIаде жубана МухIамадицаги.

Хьихьулеб боцIиги, гьабулеб рукъалъулгун хъизамалъул тIалабги – дагьаб букIунаро чIужугIаданалъул гъуждуз баччулеб хIалтIи. Гьелдаги гIей гьабун чIоларо Луизат. Гьей хIалтIана пекарниялда. Амма сахлъиялъе зарал кколин абун, МухIамадица течIо хIалтIизе. «Гьанже лъималги гIун руго, рокъобги къватIибги дие кумекги гьабулеб буго гьез. Рес рекъараб хIалтIи балагьизе ракIалда буго», — ян абуна гьелъ.

Кумек-квербакъиялъе цIакъал мадугьалзаби ругинги абуна гьелъ. «Дун хIикмалъула: цо тIалаялда гIумру гьабулел гIадамал цоцазухъе унаро, саламцин кьоларо. Нижги мадугьалзабиги руго, цо хьагинир гьалдолел хинкIал гIадин. Кутакалда аваданал гIадамалгун гIумру гьабулеб буго нижеца. Дун кие аниги, дир ракIчIараб букIуна: мадугьалзабаз гьел рехун толаро, квешлъиялъукьа цIунула. Гьел ани, дунги балагьула гьезухъ. БатIи-батIиял миллатазул вакилзаби руго мадугьалихъ, амма вац-яц гIадин рукIуна», — ян бицана Л. ГIалихIажиевалъ.

Санайил МухIамадица лъимал рачуна магIарухъе – инсухълъи бихьизе, гIагарлъи лъазе ва – бищун аслияб мурад – рахьдал мацI (цез мацI) кIочонгутIизе. Рокъобги гьеб мацIалда кIалъала гьел лъималгун. Дагь-дагьккун лъазабулеб буго мацIарул мацIги. Школалда анкьида жаниб кьолеб цо дарсил гIемераб пайдаги букIунарин абулеб буго МухIамадица. «МагIарул мацI нижеца рокъоб малъила лъималазда, школалда цогидаб – дарги, лъарагI ва гь.ц. мацI малъулебани. МацIал лъаялъул зарал гьечIелъул», — ан абуна гьес.

Кавсарат Сулейманова