Новость на родном

МагIарул росабазул хIакъалъулъ

«Росугун дагIбадани, чиякълъула…» Гьединаб буго магIарул кици. Щивасул гIумрудулъ гIагараб росдаца ккола кIудияб бакI. ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магIарул росабазул хIакъалъулъ гIатIидал баянал кьун, гьезул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цIалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритIеян. Амма хIажат буго...

Новость на родном

Машгьураб «Каспий»

ХIухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гIадамал унеб «Каспий» санаторий рагьун букӀана XX гӀасруялъул байбихьудаго, Каспий ралъдал рагӀалда. Ралъдал бацӀцӀадаб гьаваги тӀабигӀаталъул лъикIал шартIалги цолъараб гьеб бакIалда сахлъи цӀуниялъе лъикIаб асар гьабула. Тарихал ва хIужаби Жакъа рехсараб санаторий бугеб бакIалда тӀоцересел рукъзал рана 1915 соналда. Гьелдаса нахъе «Каспий» лъугьана сахлъи щула гьабизеги хӀухьбахъиялъеги гӀадамал хьвадулеб бакӀлъун. Гьенир...

Новость на родном

Тухумалъул махщалие ритIухъал ЧIегIеровал

Абула мажгиталъул къадалъ лъураб цо гамачI хIеж борхиялда бащалъулин. Гьедин бугониги, нухазе хIадурараб гамачI мажгиталъе хIалтIизабизе бегьуларо. Инсанас гьарулел киналго хIалтIабазда гьоркьосан нухал гьариги кьоял райги рикIкIуна бищунго цIикIкIун кири щолеллъун. Бицине бокьун буго гьединаб камилаб лъалкI ракьалда толеб, тухумалъе квербакъарав, Шамил районалъул ГIурада росулъа ЧIегIеразул ХIажил ва гьесул нухдасан арал хъизамалъул гIагарлъиялъул хIакъалъулъ. Гьанибго...

Новость на родном

ЦIилкьадерил хъутаналда чвахунцIад бан хадуб…

Иххица хвезабуна анцIгоялдасаги цIикIкIун мина-рукъ, школа, гIадамазул рагIи-хер 7 апрелалда «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабаз сапар бухьана чвахунцIадалъ зарал гьабурал росабазул цояблъун кколеб, Хасавюрт районалда бугеб ЦIияб ЦIиликье. Апрелалъул тIоцересел къояз республикаялде рарал гьалагал цIадаз гIадамазе ккараб къварилъиялъул киса-кибего рагIана. ГIемерав чиясул мина-рукъ лъелъе ккун гъанкъана. ГIумруялъ данде гьабун букIараб магIишат минатахъ щущазабуна. Гьеб рахъалъ бищунго цIикIкIун кьаби...

Новость на родном

Байрамалде — цӀиял кьоял, нухал ва цогидал проектал

Исана 35 сон тӀубала БежтӀа участок гӀуцӀаралдаса. Гьелда бан редакциялда ракӀалда буго участокалъул тарихги халкъалъул гӀумруги рагьулел макъалаби газеталда рахъизе. БежтӀа участокалъул администрациялда церечӀарал масъалабазул хӀакъалъулъ нижее бицана муниципалияб гӀуцӀиялъул бетӀер Шамил Арадаховас.   — Шамил, дуца участокалъе нухмалъи гьабулеб буго ункъо соналъ. Щиб гьабун бажарараб гьеб болжалалда? — Муниципалитеталъул масъалаби гӀемерлъиялъ, гьел тӀуразариялъе нухал...

Новость на родном

ГIабдухIалим МАЧАЕВ: «Кири бугеб ишалде вуссине щвей буго дир талихI»

Гьал къоязда ниж щвана «ГIазим» абураб гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул генералияв директор, гьелъул учредителазул цояв ГIабдухIалим Мачаевасухъе. Фондалъул хIалтIул хIакъалъулъ бицун гьабуна гьесулгун гара-чIвари. Гьес чанго соналъ нухмалъи гьабуна Гъуниб районалъе, хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулевлъун, вукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. — ГIабдухIалим, мун гIемерал соназ хIалтIана нухмалъиялъулал хъулухъазда. Кин ккарав гурхIел-рахIмуялъулаб ишалде, кин ва лъида...

Новость на родном

Бихьинчи бихьинчилъун вугони, чIужугIаданги чIужугIаданлъун йикIуна

Жакъа Дагъистаналда ригьин биххи лъугьун буго гIадатияб ишлъун. Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда риххулел хъизамазул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Масала, гъоркьиса ноябрь-декабрь моцIазда жаниб Дагъистаналда гьабун буго 1011 ригьин, гьебго заманалда биххун буго 451-яб. 10 соналъ цебе ригьиназул 20 процент гурони биххулеб букIун батичIони, жакъа гьезул къадар 30 проценталдасаги цIикIкIун буго. Хъизамал риххиялъе ругел...

Новость на родном

Цо командирасул кIиго мухъилав

Гъизилюрт район ккола республикаялъул чIахIиял ва экономикаялъул рахъалъ церетIурал районазул цояблъун. Гьелда гьоркьобе уна 13 росу, гIумру гьабула 77-азаргогIанасев чияс, ракьалъул гIатIилъи буго 524 квадратияб километр. Гьеб рикIкIине бегьула гьитIинаб Дагъистанлъун — гьенир гIумру гьабун руго нилъер киналго абуниги миллатазул вакилзаби, гьезул гIемерисел, гIага-шагарго 85 процент, ккола магIарулал. Гьединлъидалги батизе бегьула (ратила цоги гIиллабиги) районалде...

Новость на родном

Цо хьагинир хинкIал гIадин

Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас шапакъаталги кьун кIодо гьаруна республикаялъул гIумруялда кIвар бугеб лъалкI тарал дагъистаниял. Гьезда гьоркьор рукIана ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъа МухIамад ГIабдурахIмановги Луизат ГIалихIажиеваги. Гьеб ккола гIемер лъимал хьихьулеб хъизам. РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьезие кьуна «Родительская слава» абураб орденги ХIурматалъул грамотаги. 20 соналъ – школалда Нижеца...

Новость на родном

Сергей Меликовасул халкъалъулгун «чlагояб эфир» байбихьана.

Исанасеб «чlагояб эфиралда» тlоцебесеб суал кьуна ЖКХялъул гlунгутlабазда хурхараб. Мисалалъе, тlокlаб чlечlого Махlачхъалаялда ток ссунеб букlиналъул. «Меликов ялъуни цогидав нухмалъулев вачlунилан канлъи цlикlкlунаро гlадамазул рукъзабахъ. Гьеб буго цо-кlиго соналъцин гуреб, анцl-анцl соназ халатбахъараб, жегиги тlубан рагIалде бахъинабизе кlвечlеб масъала. Гlемерал соназ бухlараб токалъухъ гlадамазухъа бакlарараб гlарац хlалтlизабулеб батичlо гьел гlунгутlаби тIагIинаризелъун. Гьеб масъала роцlцlинабизе хlажат...