ГIажаибаб къисматалъул Испаниялъул офицерас щиб гьабулеб букIараб Кавказалда? «Кавказалъул гIемерисел халкъалго гIадин, лезгинал, гьитIинаб къоялдасаго нахъе, ккола гьунар тIокIал кьвагьдохъаби». Гьедин абуна Кавказалъул халкъазул гIумруялъул хIакъалъулъ лъай бугев Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосица (1788-1864). (Нилъеда лъала, гIурусазги къватIисел улкабазул вакилзабазги «лезгиналин» абулаан Дагъистаналъул тIолалго мугIрузул халкъазда. – Ред.). Хуан Ван Галенил...

