— ГIумру, лахIзаталъ лъалхъе!— Дир заман гьечIо. Киназулго гьари тIубазе кIоларо. — Щай? — Дуда рагIичIебищ гьаб хабар?— Кинаб?— Цоги лъикIав инсанас тана дуниял. Камуна гьесул гьимиги, сабруги, гIакълуги сверухъ ругезе. Диеги бокьун буго гьесухъ угьдизе. Те дун цодагьалъги дирго пикрабазда. Бокьун буго цоги, ахирисеб нухалда гьесул хIакъалъулъ гIадамазе бицине. Диргун къо-лъикIги гьабун, ахирисеб...
