Щибаб хъизамалда — рахьдал мацI Диктант хъвараб къоялъ Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда дандчIвана батIи-батIиял гIадамалгун. Гьез загьир гьаруна гьеб тадбиралда тIасан батIи-батIиял пикраби Дица хъвазе гьечIо Хъумторхъала районалъул газеталъул бетIерав редактор Жавад Закавовас абуна, жинца диктантги гьениб гIуцIараб диктанталъул хIакъалъулъ макъалаги хъвазеги гьечIин, жинда бичIчIуларин гьениве жив ахIиялъул мурадги магIнагиян. «Дун вуго гьаниб лъугьа-бахъунеб жоялъул...
