Лъалищ нужеда?

Сарикумалъул заповедникалда «Сарикумалъул барханал» заповедник бихьизе гIемерал туристал рачIуна

 

Гьединлъидал лъикIаблъун бихьана заповедникалда рукIунел, гIада­мазул гIумруялъе заралиял хурдузулги хIайваназулги хIакъа­лъулъ бицине.
ГьабсагIаталда гьенир руго щу­го батIияб тайпаялъул нусире­чал, оцхIутIазул цо тайпа ва цогидалги инсанасул гIумруялъе ва сахлъиялъе хIинкъи бугел рухI­чIаголъаби. Бищунго хIинкъи бу­геблъун ккола каракурт яги «чIе­гIераб къорола» нусиреч. Гьеб бах­чун букIуна ганчIазда яги хур­дузда гъоркь. Гьелъул загьру 15 нухалъ цIикIкIараб букIуна бор­хьил загьруялдаса. Гьелъ хIан­чIидал, унтизе лъугьуна чехь, хьи­бил, керен. РакIкьабизе байби­хьула, бидул кьаби цIикIкIуна, бе­тIер сверула.

Чараб ичIкIал
Гьеб къватIибе бахъуна къаси­мехалда. Рогьиндал, ганчIазда гъор­кь­ги бахчула. Гьез куна ну­си­речал ва цогидалги гIисинал рухIчIаголъаби. Гьез хIанчIун ха­дуб гIадамал хвезеги бегьула. ХIан­чIараб бакI гьорон бачIуна. Гье­динго хIинкъи букIуна лъималазул гьуърузеги — гьел гьорола.

На
Гьелъ хеч къазабураб бакI унти­чIого хутIуларо. Унтул гIаламатал – хIанчIараб гьорой.

Кьужнаял
Гьез хIанчIараб бакIги унтула. БетIер сверун лъугьуна, чорхол цIа-кан цIикIкIуна, ракI кьабула.

ОцхIутI
Аслияб къагIидаялда гьез хIан­чIула кверазда, горбода, гьурмада. ХIанчIиялъул хIасилалда кванирукъ унтизеги рес буго. Гьеб мехалда кванирукъ чурун, бацIцIад гьа­бизе ккола.

Горахараб сколопендра
Гьелъ хIанчIараб бакIги гIу­раб­го хIалалъ унтула. ХIайва­наз­­даги хIанчIула гьелъ. Къад, ичI­кIалалго гIадин, багIария­лъу­кьа ганчIазда гъоркь рахчула гьел­ги, цинги сардилъ рахъуна ча­наре. Жиндирго гьиналда жа­ниб нусиречги букIуна, найги бу­кIуна гьоцIо бакIарулеб. Гьез­де кIвар­ги кьечIони, гьезул ра­хIат­ги хве­забичIони, рукIналги риххи­заричIони, гьез нилъеде кIварго кьо­ларо.
ХIажимурад ХIабиев,
«Дагестанский» заповедникалъул экологияб лъайкьеялъул ва туризм цебетIезабиялъул отделалъул хIалтIухъан