Хиса-басиязе нухал хутIичIо

РФялъул президентас гъолбасана пенсиялъул реформаялда бан хIадурарал законазда гъоркь

 

2018 соналъул 27 сентябралда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуна ва лъабабилеб октябралда Федерациялъул Советалъ тасдикъ гьабуна «РФялда пенсия чIезабиялдаги гьеб кьеялдаги бан цо-цо законалъул актазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб закон. Гьал къоязда гьеб законалда гъоркь гъолбасана улкаялъул президент Владимир Путиница.

ЦIияб закон къабул гьа­бия­лъу­л хIасилалда хиса-баси­ял гьаризе ккана цогидал законаздаги. Гьединлъидал рехсараб законалда цадахъ Путиница гъолбасана гьадинал за­коназда гъоркьги: «РФялъул пенсиялъул фондалъул хайиразулаб бутIа гIатIид гьабиялъул бутIаялда хъинтIулел РФялъул бюджеталъул кодексалъул 46-абилебги 146-абилебги статьяябазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ», «Со­циалияб рахъалъ хьезария­лъул бищун дагьал роценазул бицунеб конвенция­лъул (конвенции № 102) ратификация гьа­биялъул хIакъалъулъ», «РФя­лъул ЗахI­ма­талъул кодексал­да хиса-басиял гьариялъул хIа­къа­лъулъ», «РФя­лъул Уголовнияб кодексалда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ».

Пенсиялъул ригь цIикIкIинаби

Пенсиялъул ригь цIикIкIи­наби­ялда бан кIудияб ахIи бахъана Россиялда. ГIуцIун рукIана митингал, дандечIеялъул батIи-батIиял тадбирал, амма гьелъул хIасилго ккечIин абуни, мекъи ккеларо.
Нижеца цебеккун хъван бу­кIа­на, пенсиялъул ригь цIи­кIкIинабизе бугин абун: руччаби пенсиялде ине руго 60 сон байдал ва бихьинал – 65 сонил ригьалде рахиндал. Федерациялъул советалда гьеб закона­лъул рахъккуна 149 сенаторас, гьелде дандечIана щугояв. Гьедин къабул гьабураб цIияб законалда рекъон, 2019-2023 соназда, ай лъагIалидаса лъагIалиде пенсиялъул ригь цIикIкIинабизе буго.
Болжал тIаде щвелалде пенсиялде ине ихтияр букIине буго 42 соналъул захIматалъул стаж бугев бихьинчиясеги 37 сонил стаж бугей чIужугIаданалъеги. Пенсиялъул нахъраталилаб бутIа (накопительная) кьезе байбихьизе буго 55 сон бараб мехалда руччабазеги 60 сон барал бихьиназеги.

ТамихIалде цIазе руго

РФялъул «Пенсиялъул хIа­къа­­лъулъ» законалда рекъон, пен­сиялда цебесеб ригьалъул чилъун рикIкIине вуго страховияб, ай херлъиялда бан кьолеб пенсия босизе щуго лъагIел хутIарав чи. Гьеб ригьалде гIагарлъулев хIалтIухъан хIал­тIу­даса нахъе витIизе ихтиярал­даса махIрум гьарулел руго идарабазул, предприятиязул ва гIуцIабазул нухмалъулел.
Пенсиялде ине заман щолев чи, кьучIаб гIилла гьечIого, хIал­тIудаса вахъани яги хIал­тIуде восизе инкар гьабуни, хIал­тIикьолесухъа бахъи­зе буго 200 азарго гъуруш гIакIа, яги пред­приятиялъул (идараялъу­л) нухмалъулесул 18 моцIрол харж, ялъуни гьев хIалтIизавизе вуго 360 сагIаталъ. Гьединаб закон къабул гьабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъ, тасдикъ гьабуна Федерациялъул Советалъ ва гъолбасана президентас.

Пенсия босизе бегьула 55 яги
60 сон байдалги

Цебеккун букIараб низамал­да рекъон, 55 сон барай чIу­жу­гIаданалъги 60 сон барав бихьинчиясги босизе бегьула пенсия. Амма ихтияр буго гIицIго пенсиялъул нахъраталилаб бутIа ва пачалихъияб гуреб пенсиялъул фондалдаса (НПФ) гьеб босизе. Президентас гъолбасараб цIияб законалда рекъон, тIасияб соналъул январалдаса нахъе цIикIкIинабизе буго пенсиялъул ригь. Амма пачалихъияб гуреб пенсиялъул фондалъулгун къотIи гьабурал ва нахъраталилаб бутIаялде процентал данде ракIарарал гIадамазе рес буго 60 яги 65 сон базегIан чIечIого, нахъраталилаб бутIаялъул гIарац нахъе босизе. ГьабсагIаталда гIадамазе кьолеб гьечIо пачали­хъияб пенсиялъул фондалъул (ПФР) нахъраталил бутIаялда данделъараб гIарац. Абулеб буго, ПФРалъул счеталда бугеб нахъраталил бу­тIаялъул индексация гьабизе бугин, амма пенсиялдалъун хьезариялъул пачалихъияб гуреб фондалдаса (НПФ) гIарцул индексация гьабуларин. Гьеб рикIкIуна гIадамаз жидеего бокьун гIуцIулеб пенсиялъул фонд ва гье­лъухъ жавабчилъи пачалихъалъ жиндаго тIаде босуларо.

ЧарагьечIеб диспансеризация

Пенсиялъул ва пенсиялда цебесеб ригьалъул гIадамазул чарагьечIого гьабизе буго диспансеризация. Гьелда бан къабул гьабураб цIияб законалда рекъон, щивасул ихтияр буго лъабго лъагIалида жаниб цоцIул ва кIиго хIалтIул къоялъ поликлиникаялде ине ва жиндирго сахлъия­лъул халгьабизе. Пуланав чи хIалтIуда гьечIин абун, гьев поликлиникаялде араб къоялъухъ цIунизе буго харж. МахIрум гьавизе бегьуларо гьев хIалтIудасаги (хIалтIуда камунилан гIиллагун). ХIал­тIу­хъанас жиндир идараялъул нух­малъулесда цебе­ккунго лъаза­бизе ккола, поликлиникаялде ине вугилан.
ХIадурана
Кавсарат
Сулеймановалъ.
ХIалтIизаруна «gazeta19.ru», «interfax.ru» сайтаздаса баянал.