Новость на родном

ЦIияб къагIида

Добго хурив довго… чи РощногохIаз ханлъи гьабурал ракьал хвасар гьарун бажариладай? 15 январалда, Дагъистаналъу­л бетIер Владимир Васильевасул нух­малъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана, рищни ба­кIа­риялъул ва баччиялъул рахъалъ тIоцебесеб январалдаса нахъе цIиял къагIидаби хIалтIизарулел рукIин. Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез рихьизаризе ккола рищниялъул гIадлу-низам гьабизе кколел регионалиял операторазе хIалтIизе бакIалъул (площадки) схема. Данделъиялда бицана, Дагъистаналда рищниялъул гIадлу гьабулеб...

Новость на родном

Инсанасул къисмат

Рокьул къуват ГIурус учительницаялъул хабар   Александр Костюнин Дун гьаюна Курск областалда. Хехго бесдаллъана. Амма доб къо, жакъа гIадин, буго берда цебе. Бана кутакаб цIад. Эбелги вац Федяги – дидаса лъабго соналъ кIудияв – рекерана гIурухъа хъазил тIанчIи рокъоре рачине. Цо заманалдасан къотIносан бахъана чIичIи, екерун ячIана мадугьал:– Настя-а-а!.. Дур баба… чIвана чва­хун­цIадалъ! Федя цо...

Новость на родном

Лъугьа-бахъин

Квандайищ «гIайиб», лъедайищ? Ленинаулалда ккараб ишалда бан хIалтIудаса махIрумлъана райбольницаялъул бетIерав тохтур ЦIияб соналъул байрамкъоял чехь-бакьазул унтигун тIамизе ккана Казбек районалъул Ленинаул росулъа 77 чияс, гьездаго гьоркьоб 56 лъимералъги. СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, чехь-бакьазул унтигун Казбек районалъул больницаялъул инфекциялъулаб отделениялда вегизавуна 22 чи, гьезда гьоркьоб 14 лъимер. Жакъа къоялда гьел киналго больницаялдаса рокъоре риччан руго....

Новость на родном

Гьаваялда — гьунар, ракьалда — лъалкI

МагIарул мацI лъаларин абизе нечезе ккеларищ магIарулав   Россиялъул бищун тIадегIанаб пачалихъияб шапакъатлъун кколеб «Россиялъул БахIарчи» абураб цIар кьеялъул буюрухъалда гъоркь улкаялъул президентас гъолбасана 1992 соналъул 20 марталда. ТIоцебе гьеб хIурматияб ва тIадегIанаб цIаралъе мустахIикълъана ингушав, летчик Суламбек Осканов (11 апрель, 1992 сон). ТIолабго Россиялда, жакъа къоялде щвезегIан, гьеб цIар щвана 1100 чиясе, гьездаго гьоркьоб...

Новость на родном

Тарихал ва хIужаби

50 нухалъ цIикIкIун Кьишни нахъе босаралъухъ багьа бахинабуна ЖКУялъухъ, ай минаялъулгун коммуналияб хъулухъалъухъ, кьолеб гIарац цIикIкIана 2019 соналда. Пачалихъияб Думаялъул экологиялъул комитеталъ абулеб буго гьеб анцI-анцI нухалъ цIикIкIинабизе бугинги.Кьишни нахъе баччаралъухъ кьолеб гIарац унаан «Содержание и ремонт жилого помещения» абураб пункталде гъорлъе. Гьелъухъ багьа босулаан, квадратияб метралъул хIисабги гьабун. Масала, цо-кIиго чияс жаниб гIумру гьабулеб...

Новость на родном

Газета — тарихалъул нух

13 январь — Печаталъул къо   Басма хIисабалда, газет-журналазда сверухъ батIи-батIиял бахIсал унел руго гьанже. Интернеталъул гIасруялъ газетал церетIеялъе нухал къазе ругин абулелги руго, газета кидаго тIагIине гьечIин ракIчIаралги дагь гьечIо. Европаялъул улкабаз нугIлъи гьабулеб буго цIалдолел газетазде тIадруссине рукIиналъе. Гьел улкабазда къо бахъанагIан цIикIкIунел руго газетал хъвалел. Нилъер гьанир гьабсагIаталда гIемерал гIадамал руго Интернеталъул...

Новость на родном

ЛъагIалил хIасилал

Ана тарихалде иргадулаб сон   Цо хIалкквечIеб, хIалуцараб, гIе­мер батIи-батIиял лъугьа-ба­хъиназдалъун гьарзаяб букIана ни­лъе­ца нухда тIобитIараб 2018 сон ду­нялалдаги, улкаялдаги, рес­пуб­ли­­каялдаги. Америкая­лъул Цолъа­рал Штатазул гIамал кIу­дияб, кIи­гьумерчилъиялъулаб политикаялъ квешаб асар гьабу­леб буго инсанияталъулго парахалъиялъе. Сириялъул законияб хIукуматалъул разилъи гье­чIолъиялъул санги гьа­бичIого, террористазда данде рагъулел ругинги абун, гьелъул гIаксалда, террористазул рахъги ккун, Сириялъул ракьалда рагъул базабиги...

Новость на родном

Гара-чIвари

Умумузул квартIа-хъалахъ кIочонге МацI цIуни гIицIго хъизамалде рехун тезе бегьуларин рикIкIунеб буго МухIамад ГIисаевас Гьал къоязда нижеца гьоболлъухъ ахIун вукIана республикаялъул Пенсиялъул фондалъул нухмалъулев МухIамад ГIисаев. Гьев хIалтIана республикаялъул нухмалъиялда, районалъул бетIерлъун ва бизнесалда. Лъала гIадамал ва гIумру. Гьесулгун нижер хабар ккана гьабсагIат миллаталъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьеб гара-чIвариялъул гьитIинабго бутIа кьолеб буго гьаниб. Суал:...

Новость на родном

Унеб соналъ рекIелъ тарал асарал

Баркула, магIарулал, тIаде щвараб ЦIияб сон   Дагъистаналъе ва дагъистаниязе гIезегIанго кIвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букIана 2018 сон.Политикияб рахъалъ ракIалда чIолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетIерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. ЦIигьабун гIуцIана республикаялъул хIукумат. Артем Здунов тIамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кIвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В....

Новость на родном

2019 соналда щиб хиралъизе бугеб?

Мискинчиясул чвантида битIахъе нацI базабулеб буго   Центробанкалъул баяналда рекъон, 2019 соналда хиралъизе руго нигIматалги къайиги. Гьелъие гIиллалъунги рикIкIунеб буго 5,5 проценталъ инфляция бахине рес букIин. ЛъагIалил ахиралдайин абуни гьеб, цо чIараб ва гIадатаб 4 проценталде бачIине буго. ЛъагIалил тIоцебесеб бащалъиялда бичулеб къайиялде тIаде бахъулеб гIарцуда лъолел налогал цIикIкIине руго.1 январалдаса нахъе НДС цIикIкIине буго...