Газалъул балагь

Лъица бикъулеб бугеб ва налъи бецIун бажариладай Дагъистаналъухъа?

 

ТIубараб анкьалъ Россия­лъул СМИяз бицана Гъарачай-Чер­ге­сиялдаса Арашуковал (васги эмен­ги) низам цIунулел идараба­зул хIалтIухъабаз кквеялъул хIа­къалъулъ. Бицунеб буго, 32 сон барав Рауп Арашуковас, Федерациялъул советалъул сенаторас, 30 млрд гъуршиде газ бикъун бугилан абун. Гьайгьай, гьес гьеб жинцаго гуро бикъараб, гьеб бикъана такъсирияб къокъа­ги гIуцIун. Гьелда гъорлъ рехсолел руго Раупил эмен Раул Арашуковасулги («Газпром межрегионгаз» абураб тIолгороссиялъул холдингалъул генералияв директорасул гIакъ­лучилъун вукIарав), гьезул гIа­га-божарал чагIазулги цIарал.

Мадугьаласул мисал:
кин тIаса хъвагIалеб налъи

Эменги васги Арашуковал низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз кквейги Дагъистаналда хадуб бугеб налъиги цоцада рачIел лъугьа-ба­хъинал кколаро. Гьелдаса цебе низам цIунулезул хIалтIухъабаз ккуна «Газ­пром межрегионгаз МахIач­хъа­ла» абураб идараялъул генералияв директор Владимир Анастасовги. Абулеб букIана, Дагъистаналда гьес бикъанин цогун бащдаб милли­ард гъуршиде газ. Гьеб дагьаб жо гуроха. Амма гIемер чиясда лъаларо, Анастасов дагьалъ цеве Санкт-Петербургалде щваравлъи ва Раул Арашуковасулгун гIакълу дандбараблъи, ай щиб гьабилеб, уголовнияб дело рагьун бугин абун. Гьесги Анастасовасда малъун буго бажаранагIан хехго улка-ракь те­йин абун. Ва Владимирги ккуна, самолеталде вахунаго.
Гьелдасаги цебе, 2011 соналда «Роснефть» ОАОялъул кIудияв Игорь Сечин щвана Ставрополалде – гьенив «Цогояб Россиялъул» рахъалдаса депутатлъиялде кандидатазул сияхIалда тIоцебесеб му­хъилъ букIана гьесул цIар. СКФОялъул газалъухъ бугеб налъиялъул хIакъалъулъ рагIидал (РФялда бугеб налъул 40 процент), гьес тIалаб гьабуна гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабеян ва чIванкъотIарал тадбирал гIуцIеян абун. Гьеб мехалда «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абу­раб идараялъул нухмалъулевлъун вукIана Р. Арашуков. Сечинил гIакълуги гIадахъ босун, рехсараб идараялъул нухмалъулез Арашуков витIана жеги кIудияб хъулухъалде – Санкт-Петербургалда бугеб «Газпром межрегионгазалъул» генералияв директорасул гIакълучилъун.
Дагьалъ цебе, масала, Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас гьадин лъазабуна: «Лъилниги рес гьечIо жинца хIалтIизабичIеб газалъухъ яги гьелъул цого кубометрабазухъ щуцIул гIарац кьезе. Регионазда ратани, газалъухъ налъиялда бан масъалаби, гьел тIуразе ккола, ккаралъубги ккечIелъубги Чачана­лъул цIар рехсечIого… МухIкан гьабун букIинчIо, чан чияс хIакъикъаталда газ хIалтIизабулеб бугебали. Гье­чIел, жаниб гIумру гьабуларел, рагъ­да хварал яги рагъул заманалда гьа­ниса гочун арал гIадамазда тIад хъвалеб букIана хIалтIизабичIеб газа­лъухъ налъи. КьучI гьечIого налъи тIад хъваялъул хIужаби ккана рагъдаса хадусел соназдаги, регионалияб газалъул компания хIалтIизе байбихьараб мехалдаги, «Грозный межрегионгаз» абураб компаниялъ жидерго хIалтIул хIасилал цIакъал ругилан ургъунго чIезабураб заманалдаги. Гьелде тIадеги, дол соназда рукIинчIо газалъул хIисаб гьабулел алатал ва гIемераб газ билулаан республикаялде бачIунеб нухдаго», — ян.
Цебеккун лъазабун букIана, 17 январалда гьабураб ЧРялъул прокуратураялъул искалда рекъон, Грозныялъул Заводской районалъу­л судалъ, «Газпром межрегионгаз Грозный» абураб компаниялда тIадаблъун гьабунин, халкъалда тIад хъван букIараб ичIго миллиард гъуршил налъи нахъе хъвагIайилан абун.
СМИяздаса гьеб хабар къватIибе бачIингун, ахIи бахъана Россиялъул регионазда. Гьездаги ракIалдещвана жидерго налъи ва регионазул закондателазул собранияз гьаруна прокуратураялде хитIабал. Гьеб мисалалъул жидее пайда бахунареблъиги бичIчIун, Газпромалъулал рекIеда ратана ва гьез лъазабуна, Грозныялъул судалъул хIукму правоялъул нормабазде рекъонкколарин абун. Генералияб прокуратураялъ Чачан республикаялъул прокурорасда тIадкъана, «Газпром межрегионгаз» ОООялъул апелляциялъул (данде хъвараб гIарзаялъул) рахъкквеян абун. Гьелдаса хадуб ЧРялъул нухмалъиялъухъа рорчIана батIи-батIиял, ай гIаксаб магIнаялъулцин, харбал ва гьез нахъе босана ЧРялъул прокуратурая­лъул сайталдаса доб хIукмуги. Гьанже бичIчIулеб гьечIо: Грозныялъул Заводской районалъул судалъул хIукму хутIанищ къуватаблъун яги гьеб хисизабизейищ бугебали.
Кинаб дарс бугеб гьеб мисала­лъулъ? ТIоцебесеб иргаялда, би­тIараб буго Рамзанил пикру: щай кье­зе кколеб гIадамаз гIарац жиде­ца хIалтIизабичIеб газалъухъ?

Кин бикъулеб?

«Воре, цIогьор ккве!» — ан бищунго цеве ахIдола цIогьор» абураб кици буго. Гьедин, Дагъистаналда бахъараб газалъухъ налъиялъул ахIиги буго цIогьодизе ругьуназул ахIи. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз кинабго мухIкан гьабуна ва, мисалалъе, ккуна Анастасов ва цогидалги. Амма бичIчIуларо: кин гьел газалъул менеджеразухъа бажарулеб, миллиардазде гIунтIун гIарацги бикъун, «яхI гьечIел» потребителазул хIакъалъулъ харбал рицине? Гьале газ бикъиялъул цо чанго къагIида:
1. Газалъухъ гIарац кьезе лъугьуна гIадамал, амма газалъул компания­лъул вакилас гьезда «бичIчIизабула» пуланаб къагIидаялда рекъон, налъи тIаса хъвагIазе бегьулин абун. Кин гьеб гьабун бажарулебалиги, жидедаго лъалеб батилаха.
2. Газалъул регионалиял вакилзабаз гьабула бакIалъул предпринимателазулгун балъгояб къотIи ва гьезие бичула цIатари. Гьедин бикъараб газ хъвала гIадамазда тIад. ГIемерисезда гьеб бичIчIуларо ва кьола хIалтIизабурабги тIаде хъварабги газалъухъ гIарац, амма цо-цояз, гьебги лъан, ахIи бахъинабула. Амма судалде хьвадун, ритIухълъи чIезабизегIан гIемер заман уна. Гьеб заманалда балъгояб къотIиялда гъол­басаразе рес щола финансазул до­кументазда (хадубккун гьел хиси­заруларо) мекъал баянал хъвазе. Гьел­далъун кагътида хутIула «хал­къа­лъул налъи». Хисизаризе бегьула компьютералде росарал счетчика­лъу­л баяналги.
3. Бикъараб газ хъвала хваразда тIад – гьезухъа налъи бецIизабун бажаруларелъулха.
4. Бикъула газалъул мухъа­л цIигьаризе яги къачIазе кьураб гIарац. Нухда газ биличIого бу­кIине абун, кьола газалъул рогIрал цIи­гьаризе гIарац. Гьел «цIигьарула», амма лъагIалидасан цоги нухалда къа­чIазе ккеледухъ. Гьедин гьабула чанго соналъ тIатIалаго.
5. Цоги къагIида – гIадамазе бачIунеб газ цогидаб рахъалъе бичи. Ругел газалъул мухъаздаса бачIунеб газалъул къадар цIикIкIинабула. Гьебмехалда хIажалъула газалъу­л хIисаб гьабулел алаталгун «хIал­тIизе», ай газ бикъун щвараб гIар­цул бутIа кьезе ккола счетчикал хIал­тIизарулев чиясеги. КIиабилеб нух – газалъул мухъилъе бачуна хIи­сабалда гьечIеб рогIоро. Гьеб ккола гIумруялъе хIинкъи бугеб иш, амма «межрегионгазазул» нухмалъиялда гьеб лъала ва гIумруялъе хIинкъи ккеларедухъ хIалтIи гьабизе тола.

ХIасил

Ахираб кIиго соналда жаниб дагъис­таниязда хадуб налъи цIи­кIкIана микьго млрд гъурушалъ. Газалъухъ гIарац кьолезул къадар бахуна 30-гIан проценталде.
МухIкан гьабизе ккола хIа­къи­къиябги тIад хъварабги налъи. Владимир Васильевасги чанцIулго абуна батIи-батIиял предприятияз газалъул мухъалде рогIрал рачиналъул хIакъалъулъ. Гьеб буго цо-цо пачалихъиял идарабазулги «Межрегионгазалъул» хIалтIухъабазулги «квербакъиялдалъун» тIегьалеб букIараб цIогь. Гьайгьай, лъикIаб гьечIо СКФОялдагун Дагъистаналда газалъухъ гIарац кьеялъул гIадлуги. Улкаялъул президент В. Путиницаги цебего лъазабун букIана, Дагъистаналда гIадлу гьабеян абун. Гьелде регIана гIицIго гьанже. Щайдай?
Дир пикруялда, санкциязул хIасилалда гIарцул рахъалъ хIал­къайдал. КIиабилеб гIилла, РФялдаго такъсирчилъи тIибитIун букIин, хасго СКФОялда. Гьединлъидалги батила, федералияб централъ байбихьана регионал цIацIазе. Къуваталъул идарабаз хIалхьи толеб гьечIо, анцI-анцIгун нус-нус миллиардал рикъарал хIакимзабазе. Централъ рахIат хвезабун буго цогидал регионазулги, амма ахIи бахъунеб буго, СМИязе «цIакъго рокьулелъул», СКФОялъул регионазул хIакъалъулъ.
Регионазул халгьабиялдалъу­н ва бакIалъул хIакимзаби жанир тIа­­миялдалъун, дир пикруялда, гьеб масъала тIубазе гьечIо. Хъуй гIе­мерлъила, амма хайир ккеларо. Халкъ божуларо ришватчилъиялде дандеян абун тIоритIулел тадбиразда. Камуларо, гьеб ургъунго ва цебеккунго хIадурараб иш бугилан абулелги. Байбихьизе ккола тIадегIанаб нухмалъиялдасан – гьебмехалда халкъалда бичIчIила хIакъикъаталдаги ришватчилъиялде данде рагъ балеб букIин.
Денга Халидов