Саидал гIумруялъул гIидраялда
Къисматгун къеркьезе къуват гIурай
Гьаб макъала хъвалелъул, ракIалдещвана мунагьал чураяй эбел ХIалиматица дие бицунеб букIараб гIажаибго хIикматаб, цIакъ жинда божизе бачIунеб хабар. Гьеб жиндиеги жиндир эбел Сайгибатица бицанилан абулаан гьелъ:
— Инсан вижулелъул, ТIадегIанас цин цебе бижулила гьесул къисмат. Гьелда лъалила вукIинесев бетIергьанасул анищалги, хьулалги, пикрабиги. Цинги къисматалъ тIасарищулел рагIула жиндиего рокьарал анищал, цинги гьезда баулеб рагIула. Къисматалъ баарал анищал тIуралелги рагIула.
Гьеб хабаралъ цIидасанги асир гьаюна дун, араб анкьалда газеталъул редакциялде гьоболлъухъ ячIун йикIарай, берцинай гIолилай Саидалгун лъай-хъвай ккедал. Дида абуна гьелъул гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ хъвазе кколилан.
Елъулаго, дица абуна гьадинай гIолохъанай ясалъе гьанжеялде гIажаибаб къисмат кин щварабилан.
Унго-унголъунги гьеб батана кинабго жубараб: магIуги релъиги, рохелги пашманлъиги ва талихIги. Гьеб киналъулго цIакъго цIакъ махI берцинаб квацIиги гьабун, седон бугоан Саидаца жиндирго къисмат.
Лъимерлъиялъул согIал
Саида гьаюна ва гIуна Гъизилюрт районалъул Кироваул росулъ. Рорхатал мугIрузул ЦIумада районалда кьалбал риччараб кьвариялъулги, къвакIиялъулги, къохIехьеялъулги гIамалалъ лъадарулеб букIана гьелъул лъимерлъи. БукIана Саидалъ гIанчIлъи-гогьлъиги. Къойил йоржунаан гьей талихIалде данде. ТалихIалъги гьелъухъе битIулаан жиндирго рогьелги гьогьенги. Киналго гьитIичазе гIадин, гьелъиеги бокьулаан ясандизе. Цо къоялъ школалъул азбаралда ясалгун ясандилей йикIарай Саида гIодой ккана. Амма лъиданиги лъалеб букIинчIо гьеб гIодойккеялъ Саидал лъимерлъиялда кIудияб согI лъураблъи. БотIрода гIамгIара кIанцIана. Учителалъги, рокъоб эбел-инсуцаги, цIорораб лъим чIван, нахъе инабулеб букIана гIамгIара. Квеш-лъикI, сахлъизаюна гIодой ккарай Саида.
Ункъилаб къиматалъул
къваридаб къиса
Саида цIалулей йикIана гIицIго щуйилазда. Амма цо къоялъ гьелъие щвана ункъилабги. ГIемер гьардана гьей учительницаялда жиндие ункъилаб лъогейилан — хIасил ккечIо. ГIодилаго, цIакъ ракIбакъван, рокъое щварай Саидал доб кидаялиго гIодой ккун унтун букIараб бакIалдаса бетIер цIидасанги унтизе лъугьана. РакIбакъвайдал унтун батилилан, кIварго кьечIого тана гьеб унтиги. Амма заманалдасан Саида гIодой ккана, гIакълу-лъаялдаса ана. Цинги — больница, тохтурзаби…
Ахирги лъана Саидал гIузрабазе гIилла — гIадалнахуда бижун батараб жоялъ кIотинаюлей йикIун йиго гьей.
ГIумруялъе гIоло къеркьей
Гьабуна Саидае захIматаб операция. КигIан тохтурзабаз гьукъаниги, дагьабниги мадар лъугьарабго, гьей гIедегIулаан школалде.
Гьелда ракIалдецин кколеб букIинчIо къисматалъе къуркьизе. КIиязулго, къисматалъулги Саидалги букIана кутакаб дандечIей. Данде язегицин тезехъин йикIинчIо гьей къисматалъ. Гьале иргадулаб кьаби — цо къоялъги тохлъукьего нахъехун рехун ана гьей. Ва бусаде ккана. Саидада кIолеб букIинчIо, тIаде яхъинеяли щиб гурин, кьуризецин. Кодой ккун, йосулаан гьей къваригIел тIубазеги. Амма зама-заманалдасан Саидада аскIор эхетулел рукIун ратила къисматалъ баарал анищал. Гьез кверде йосарай гьелъухъе бачIунаан гIажаибаб жан-жигарги кинабалиго къуватги. Саидада ракIалдецин кколеб букIинчIо унтуе мукIурлъизе. Ва байбихьана гIолилалъул унго-унгояб къеркьей.
Гьелъ гьаб нухалдаги инкар гьабуна тохтурзабазухъ гIенеккизе. ЦIали рехун течIо. Дагь-дагьккун кIвана тIаде яхъине, амма гьелда тохтурзабаз гьеб ахир бугиланлъидалха абулеб букIараб. Саидада ракIалдецин кколеб букIинчIо инвалидазул коляскаялда гIумру тIамизе. Къеркьана, къеркьана ва нахъеги къеркьана…
ЦIияб гIумруялде
тIамурал галаби
Дагьабго мадар лъугьиндал, Саидада абулеб букIана рикIкIадасан лъимал цIализарулеб централда цIаланиги гIелилан. Амма талихIаб гIумруялъул рагьдухъе щвезе хIаракаталда йигей гIолилалъ гьелдасаги инкар гьабуна. Гьелъ гIумруялда кьварун лъазабуна жий дагьабги берцинаб талихIалъе мустахIикъай йигилан. Жийго жиндаго чIун, рокъосез кумек гьабун, къезабуна Саидаца унти. Ва цIидасанги — школа. ЦIидасанги гьимана Саидае къисматалъ баарал анищал.
Къисмат, къабул гьае дун
ЛъугIана школа гIицIго щуйилазда. Саида йоржуней йикIана жиндирго цIваялъухъе. Гьелъ тIавап гьабулеб букIана къисматалъул бищунго тIадегIанал тIогьазда. ТIокIаб батIияб къисмат букIине ресги букIинчIо цIумазул улкаялдаса гIолилалъул.
ГьабсагIаталда Саида Сагитова цIалулей йиго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул философиялъулгун психологиялъул факультеталда. ЦIалулейги йиго гIицIго щуйилазда.
Саидаца жиндирго къисматалъул хIакъалъулъ бицунелъул, дир гIанаби чурулел рукIана цIамхIалаб магIуялъ. Гирунго гирун рачIунел гьезгицин баркалайилан ахIулеб бугин кколаан. Гьеб букIинчIо къваридаб магIу. Гьелъулъ букIана кIудияб рохел — жиндирго къисматгун къеркьезе къуват гIурай бахIарчияй мугIрул ясалъул гIенеккарал пана гьарулеб къисаялъухъ тIолеб рохалил магIу.
ТIурарал анищазул гъасда
Жакъа Саидаца жиндирго рекIелъ бакун буго гурхIел-рахIмуялъул кIудияб цIа. Щибаб къойил гIадин гьей щола бесдал лъималазухъе, жиндирго букIараб гIадаб унти бугезухъе, гьелъ тIадруссинарула гьезул хьулал, анищал, ракула гьезул ракIазулъ сун инехъин ругел чирахъал. Масала, цIакъго пайдаяйлъун йиго гьей МахIачхъалаялда Лиза Чайкинал къотIноб бугеб бесдал лъималазул рукъалъе. Гьей щола талихI биларал гьитIичазухъе, тIоритIула гьелгун батIи-батIиял тадбирал, хIаял. Гьел гьечIеб гIумругицин цебечIезабизе захIмат буго жакъа Саидае. Гьединго кIудияб бухьен буго гьелъул «Благосфера» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъулгун. Саидаца тIоритIула психологиял тренингал, хIаязул кумекалдалъун сахгьариялъул тадбирал, гьелда кIола, жиндирго гIадин, цогидазулги гIумруялдаса тIун унеб бугеб рокьи тIадбуссинабизе. ГIумруялъулъ цохIо жиндиего хасаб бакI батана Саидада.
ГIадамал, дие нуж рокьула
Гара-чIвариялъул ахиралдаги Саидаца абуна:
— Дие цIакъ бокьула гIумру. Гьеб бокьиялъ тIамуна дун гIузрабигун, сакъатлъигун къеркьезе. ГIадамал, нужги рокьула дие. Нуж рокьиялъги кьуна дие къуват кьогIлъизе ракIалда букIараб къисматгун къеркьезе. Дир кIудияб гьари буго нужеде — лъикIаб рахъалдехун. ГIумруялъул тIинда бугеб нужерго талихIалъул кIул кодобе щвезе хIаракат бахъе. Къеркьей, къеркьей… Ва нахъеги къеркьей. Гьеле гьединаб буго дир гIумруялъул ахIиги. Кьеркьезе ккола, гьелъул хIасил ккезегIан. Къуркьуге захIмалъабазе. Гьеле гьедин ахIизе бокьун буго дие, унтараздеги сахаздеги. ХIаракат бахъе нилъерго сверухълъи берцин гьабизе,- ян. Гьединал руго Саида Сагитовалъул гIумруялъул дарсал.
Къисматалъ баарал анищазул куркьбазда йоржун арай Саидада хадуй рухIдалго ялагьун хутIана дун.
Шамай Хъазанбиева