Исана февраль моцIалъул 22-23 къояз Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абураб цолъиялда тIоритIана рахьдал мацIазул рагьарал дарсал. Наида ГIусмановалъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб гьеб ишалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул ва Кавказалъул тIолалгоялде гIунтIун миллатазул вакилзабаз. Миллиял мацIазул мугIалимзабаз бицана жиде-жидер халкъалъул, гIадат-гIамалалъул, рукIа-рахъиналъул. Гьединал дарсаз умумузул лъикIабщинаб цIуниялъе квербакъулин абуна гьенир данделъараз. Н. ГIусмановалъ бицана рахьдал мацIал малъиялъул бугеб...
