Гьал къоязда нилъехъе гьоболлъухъе рачIун рукIана «Россия жакъа» абураб халкъазда гьоркьосеб агентствоялъул журналистал Юлия Насрудиноваги Владимир Песняги. Дагъистаналде рачIиналъе ккарабгIиллаялъулги мугIрузулаб улкаялъ гьел къабул гьарураб куцалъулги бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Ю. Насрудиновалъулгун. — Юлия, Дагъистаналде сапар бухьиналъе гIилла щиб ккараб?— Москваялда ва цогидал чIахIиял шагьаразда гIумру гьабулел ракьцоязда цIакъ лъикI лъала къватIисел улкабазул берцинлъи, тIабигIиял, ва...
