Новость на родном

Секции с 3-х лет или куда отдать ребёнка?

Вопрос мучащий, наверное,  каждого нормального родителя, ведь правильно подобранные занятия являются неким плацдармом для его дальнейшего развития.В Дагестане сложилось так, что для каждой семьи в приоритете отдать своего ребёнка на вольную борьбу либо на секцию по зажигательной лезгинке. Но безусловно нужно брать во внимание склонности ребёнка и тип его темперамента. Отдав ребёнка в спорт, мы...

Новость на родном

ХIалица рахъулел «сайгъатал»

Исана цIалул сон гIадатияб гуреб къагIидаялда лъугIаралъул, ракIалде кколаан цIалдохъабаздаги учительзабаздаги гьоркьор налъабиги рукIинарин. Ахираб кIиго-лъабго моцIида жаниб школалде цIалдохъаби хьвадулел рукIинчIелъул, партабиги хъарсун ратиларин, «выпускной вечер» гьабизе рес букIинчIелъул, эбел-инсул чванта чIехьечIого хутIун батилин ракIалде кколаан. Байбихьул классал яги школа лъугIарал цIалдохъабазул эбел-инсухъа «рекIее бокьун» сайгъатал гьаризеги гIарац бакIарулеб гIадат исанагIаги кIочон телин хьул...

Новость на родном

2020 соналда вузалда къабул гьариялъул хаслъаби

2020 соналъул 15 июналда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьабураб №726 приказалда рекъон чIезарун руго исана бакалавриаталдеги, специалитеталдеги, магистратураялдеги цIализе лъугьиналъул, гьединго аспирантураялда гIелмиялгун педагогиял хIалтIухъаби хIадур гьариялъул рахъаз хаслъаби.   Бакалавриаталдеги специалитеталдеги документал къабул гьаризе руго абитуриентаз ЕГЭ кьелалдего ва пачалихъиял экзаменазул хIасилал лъалелдего. 2020 слналъул 15 иналде вузалъул сайталда лъезе ккола щибаб вузалъ...

Новость на родном

2020-2021 цIалул сон: хиса-басиял

РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ цIияб цIалул со­налде хIадур гьарун руго иргадулал хиса—басиял.   ТIоцебесеб классалде лъимал рачине руго гьез гIумру гьабу­леб бакIалъул хIисабги гьабун. Гьедин букIана кидаго. Амма исана школалде тIоцебесеб классалде вачIунев цIалдохъанасул вац яги яц батIияб, ай жидеца гIумру гьабулеб микрорайоналда гуреб школалда цIалулел рукIун ратани, тIоцебесеб иргаялда гьебго школалде босизе ккола гьеб...

Новость на родном

Кинабго иш школалде рехун тезеги бегьуларо

Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал школа бана 1975 со­налда. ГьабсагIаталда гьенив цIалулев вуго 340-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Школалъул директор, математикаялъул учитель Умалат Хангишиевас бицухъе, школалда руго киналго хIажатал махщелчагIи.     Умалат, РФялъул Лъай кьея- лъул министерствоялъ хIукму гьабуна учителасул моцIрол харж кIиго бутIаялдаса гIуцIизе. Учи­тельзаби рази ругищ харж кьолеб къагIида хисизабиялдаса? — Гъира базабиялъул бутIаялъул роцен...

Новость на родном

Лъимерлъиялъул рогьел гьимичIей

— Эбел, дун якъун йиго!   — Гьале, дир яс, чурпаги, гьале панкъалги, гIорцIизегIан кванай, дир яс! — анги абулаго, кIодоэбелалъ дида цебе лъуна гъадаро цIун багIаргьолоялъул чурпаги, бекун панкъил кесекги. — ДахIабаба, дие гьаб бокьун гьечIо, дие роллал рокьун руго! — ян абуна дица. Гьей пашманго ялагьана дихъ. ДахIабабада щибха лъалеб багIаргьалил чурпаялдасаги гьанжесеб...

Новость на родном

Рокъоб цIали гьаби – цIакъ захIматаб иш

17 апрелалда тIобитIараб бри­фингалда РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас бицана школазда лъай кьеялда бугеб ахIвал- хIалалъул хIакъалъулъ. ИчIго ва 11 класс лъугIарал цIалдохъабаз ОГЭ­гун ЕГЭ кьолеб заман чIезабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб. Министрас абуна, гьеб заманалде­ниги улкаялда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъиялде хьул бугин. «На­гагь экзаменал тIоритIиялдалъун цIалдохъабазул сахлъиялъе за­рал букIине бугеблъи загьирлъа­ни, гьел нахърахъизеги бегьула....

Новость на родном

Пандемиялъул гудракье ккараб лъай кьей

Инсаниятго хIинкъиялъул квачIикье ккезабураб коронавирусалъул хIалкIолъиялдалъун, моцIалъ рокъор тана цIалдохъабиги. Рокъорго цIализаре лъималин лъазабуна цIалдохъабазул эбел-инсуда. РачIаха, халгьабизин гьеб хIалалда улкаялъул пачалихъалъ тIуразарулел ругел масъалабазухъ.   РикIкIадасан цIали гIуцIи  Газеталъул гьурмаздасан чанцIулго бицун букIана Россиялда рикIкIадасан цIали гIуцIиялъе (дистанционное обучение – ДО) хIадурлъулел ругин абун. Гьеб къагIида хIадурулаго ана къогониги сон ва гьелде харж гьабуна гIемераб...

Новость на родном

Бергьенлъиялде кIудияб хьулгун

— Жакъасеб дир бергьенлъиялъулъ кIудияб бутIа буго дица дирго гIумруялъулгицин мугIалимзабилъун рикIкIунел Зарият Базаевалъул ва Сиянат Саидовалъул. Гьез бижизабуна дилъ рахьдал мацIалдеги гIагараб миллаталдеги кIудияб, даим рекIелъа ине гьечIеб гIищкъу. Гьеб гIищкъул улкаялда тIегьалеб буго гIагараб Дагъистаналдеги, йижараб росдадеги, миллаталъул тарихалдеги, тарихлъун жидер цIарал кколел магIарулаздеги рокьи. Зарият Базаева машгьурлъана Россиялдаго – гьей гIахьаллъана ТIолгороссиялъул...

Новость на родном

ЛъабцIул тезе ккана рижараб росу

Борхатаб магIарда буго Болъихъ районалъул ГIалахъ росу. Гьениса балагьани, хъатиниб лъураб гIадин, цебелъун бихьула гIагараб район. ЦIорорал иццазул, гьайбатаб тIабигIаталъул, бацIцIадаб гьава-бакъалъул, беричал рохьаз сверун ккураб, гIажаибго берцинаб бакI буго ТIасияб ГIалахъ. Умумузул биценалда рекъон, гьеб росдае кьучI лъун буго Хунзахъ районалдаса бид виххун вачIарав кIиго вацас. Гьез хIукму гьабунила батIа-батIаго чIезе: цояв чIвани, цоявгIаги чIаго хутIизе...