ДГМУялъул ректорлъун Висимпаша Ханалиев тIамуралдаса анкьго моцI гурони гьечIо. Гьев ккола жиндир заманалда гьеб тIадегIанаб цIалул идара лъугIарав ва гIемерал бакIазда хIалтIун хIалбихьи щварав тохтурги гIуцIарухъанги. Къокъабго заманалда жаниб щибха бажарараб? ТIоцебесеб иргаялда, цIияв ректорасда кIвана гъункараб, церечIарал масъалаби тIуразаризе кIолеб коллектив гIуцIизе, медуниверситеталда ришватчилъиялъе бакI букIине гьечIин абураб пикру киназдаго рагIизабизе....

