ОГЭгун ЕГЭязул къурбанал (Экзамен сабаблъун эбел-инсул ракI лъукъуге)

 

Анлъабилеб июналда Казбек районалда ккана талихIкъараб иш. Живго жинцаго гъанкъун ватана 15 сон барав гIолилав. Официалияб баяналда рекъон, гIумрудул къо- лъикI гьабиялъе гIилла ккун буго ОГЭ кьолаго математикаялъе щвараб кIийилаб. Гьедин буго хвалда цебе гIолилас хъван батараб тIанчида.

 

— Эбел, тIаса лъугьа гьадин ккунилан. Щивниги гIайибияв гьечIо, дунго гурони». Гьеле тетрадалъул тIанчида хъван рукIарал мухъазул къокъаб магIна.

Анлъабилеб классалдаса нахъе Дербенталда Кадетазул школалда цIалулев вукIарав гьев, ОГЭги кьун, эбел-инсухъе щвезе вачIун вуго. Гьесул эмен — Калининаулалдаса, эбел — Инчха росулъа ккола. СагIат анцIго тIубаралдаса нахъе вихьун вукIун гьечIо гьезда вас. Гьудул-гьалмагъзабазухъе ялъуни тира-сверизе ун ватилин тун вуго эбел-инсуцаги. Бакъаниде заман гIагарлъидалги вас рокъове вачIинчIеб мехалъ гьев валагьизе лъугьиндал, рукъалда нахъа бугеб гьор гIадаб бакIалда живго жинцаго гъанкъун ватун вуго гьев инсуда. Гьадин бицана «ХIакъикъаталъе», Казбек районалъул «Чапар» газеталъул хIалтIухъан Жамиля ГIабдулахIитовалъ.

— Гьединаб жо гьабилин гьесилан лъиданиги ракIалде ккеларев гIадав, цIакъ гIодобе биччараб хасияталъул вас вукIана гьев. Эбел-эменги руго гьединалго гIадатиял гIадамал. Эмен полициялда хIалтIулев вуго, эбел, рукъалъул тIалабги гьабун, лъималги хьихьун йигей гIадан йиго. Ункъо лъимер буго гьезул. МухIамад (цIар хисизабун буго) бищун кIудияв вукIана.

Математикаялъул ОГЭялъул хIасилал лъан кIиго къо бан букIун буго. Лъидениги гIайиб гьабулеб гьечIин, тIаса лъугьайин дида, нужер рекIел нияталда рекъон, дица мурад тIубачIолъиялдасаян хъван батун буго гьес кIичIикье габур ккезабилалде цебе хъвараб тIанчида.

Лъарас лъараб бицунеб буго гьанже. Цояз булеб абуго ОГЭялъе кIийилаб щун букIун рагIуларин гьес, кIиабилезул пикруялда, гьес жиндирго гIумруялде квер борхиялъе гIилла цогидаб рагIула. Лъаларо, лъалев Аллагь вуго. Амма, кин батаниги, талихIкъосараб, ургьимес туризабулеб хабаралъ ракIал пашман гьаруна киназулго. Гъаримал эбел-инсудаги цIакъ ракI гурхIана. Гьанже гьезие къуват кьеги васасул рухIалица къвагъизабураб рекIелъе сабру рещтIине, — ян бицана Ж. ГIабдулахIитовалъ.

Республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ, хварасул эбел-инсуда зигара бана гьеб хабар рагIун хадуб.

Киналго эбел-инсуде гьари бугин жидерго лъималазда тIаса бер босугеян абулеб буго гьез зигара бараб кагътида. Лъимадухъа бажаруларин тIаде бачIараб захIмалъиги ккарал гIунгутIабиги къезарун. Гьелгун къеркьезе нилъеца кумек гьабизе кколин гьезие.

Гьедин гьез ахIи балеб буго республикаялъул киналго школазул хIалтIухъабаздеги. ЦохIо цIалул сон лъугIизегIан гуребги, экзаменал тIаде щвараб гIужалъги лъималазда психологиялъул рахъалъ кверчIвазе хIаракат бахъейин абун.

Жалго жидецаго лъимал чIварал хIужаби ахираб заманалда гIемерлъулел руго республикаялда. Араб анкьалъ живго жинцаго гъанкъун ватун вукIана МахIачхъалаялъул промышленниябгун экономикияб колледжалъул студентги. Гьединго гъоркьиса, ЕГЭялъул заманалда жиндирго гIумруялде квер борхун букIана Шамилхъалаялда гIумру гьабун йигей гIолилалъги.

«ХIакъикъат» газеталъги зигара балеб буго хварав васасул эбел-инсуда. ЦIакъ ракI гурхIараб, талихIкъосараб иш ккана. Аллагьас нахъе ругезе гIумру кьеги, гIун бачIунеб гIелги гьединал талихIкъарал ишаздаса цIунун хутIаги.

 А. Юсупов