МахIачхъалаялъул № 58 школалда Нилъер щивасе рахьдал мацI ккола гIумруялъ къисматалде кьабулеб цIумурлъун. Гьелъул гьаркьихъе рогьалиде дандчIвайги гьабула нилъеца гIумруялъул гIидраялъул хIасратал сариназухъги гIенеккула нилъ, гьелъ малъула нилъеда къисматалъул карачелазде данде лъедезеги. Гьеб гьаркьилъ буго эбелалъул кинидахъ кечI. Гьелъулъ буго нилъер къисмат къалъизабулеб нур. Гьеб нуралъ къалъизабун букIана 17 февралалда МахIачхъалаялъул № 58 школа....

