Учителасул бакIалда – робот

Улкаялъул цIалдохъабазда малъулеб буго робототехника

 

ГIумруялъул киналго рахъазда хIалтIизарулел руго роботал. БатIи-батIиял идарабазда хIалтIухъабазул бакIалда роботал хIалтIизаруни, кинабго иш камиллъизе бугин рикIкIуна экспертаз. Хисилищ школалъул учитель роботалъ? Гьеб суалалда тIасан бахIсал тIоритIулел руго батIи-батIиял информалатазда.

Гьелда бан загьирлъулел руго батIи-батIиял пикрабиги. Масала, Букингемалъул университеталъул вице-канцлер Энтони Селдоница абулеб буго, искусственнияб интеллект бугел ва щивав цIалдохъанасул бажари-лъаялда рекъон хIалтIун бажарулел роботаз кватIичIого учителасдаса инкар гьабизе тIамизе ругин. Машгьураб Силиконалъу­лаб расалъиялда гьабсагIат хIа­дурулел руго хасал программаби. Гьезда рекъон, роботазда лъазе буго цIалдохъабазул гьурмада разилъи яги разилъунгутIи бугищали лъазабизе ва щивав цIалдохъанасе дандекколеб программаялда рекъон хIалтIизе.
Роботаз хисизе бегьула классалда цеве эхетарав учитель гуревги тIолабго школаги. Щайгурелъул цIалдохъанасе рес щвезе буго, рокъов вукIаго, роботасул дарсида гIахьаллъизе. «Гьелдалъун дунялалъул щибаб улкаялъул гIолиласда бажаризе буго Итоналъул яги Веллингтоналъул университеталъул даражаялъул лъай босизе. Щивасул вукIине вуго махщел камилав, ай бищун лъикIав учитель», — ан абуна сэр Энтоница. Амма учителасеги бакI камиларинги тIаде жубана гьес: педагог хутIула гIицIго нухмалъулев, тарбиячи хIисабалда. Гьес роботалдаги малъизе буго цIалдохъангун гIаммаб мацI батулеб къагIида.
Рехсараб технологиялъул хIалбихьиял гьарулел руго СШАялда. Экспертазул баяназда рекъон, роботал-учительзаби хIалтIизе байбихьизе руго техникиялги тIабигIиял гIелмабиги малъулел классазда. Хадубккун гьезухъе «кьезе» руго гуманитариял классалги. Россиялда гьарурал цIех-рехазда рекъон, 2024 соналде щивав ункъабилев россиялъулав хутIизе бегьула хIалтIи гьечIого. 2026 соналде роботаз хисизе руго Канадаялъул хIалтIухъабазул 40 процент ва 2035 соналде – Япониялъул хIалтIухъабазул бащалъи.

ХIалбихьиязул церехъаби

Япониялда хIадурун вукIана робот-учитель. Гьесда лъун букIана Сая абун цIарги. Гьев хIалтIулаан байбихьул школалда ва гьесухъа загьир гьабун бажарулаан рохел, хIинкъи, пашманлъи, ццин, рокьукълъи, гIажаиблъи, ва Сая гьимулаан. Гьединаб хIалбихьиялъе кьучIлъунги ккана учительзаби дагьлъун рукIин. Амма гIалимзабазда бичIчIана, школалъул чанги рахъазда роботалъул пайда бугониги, чIагояв инсан-учитель гьелъ хисун бажарулареблъи. Гьелъие руго чIванкъотIарал гIиллабиги.
Программаялда рекъезабураб ахIвал-хIалалда гурони бажаруларо роботалъухъа хIукму гьабун. Роботалъул пагьму букIунаро ва гьединаб ишалъе къимат кьезеги гьелъие захIмалъула, масала, сурат бахъиялъе, кечI пасихIго рикIкIиналъе. Гьебго заманалда, артистлъи, цIияб жо лъазе гъира, цо щиб букIаниги жо цебетIамизе бажари – гьединал гIамалал хасиятал руго гIицIго чIагояв чиясе ва гьел гьечIеб цIали гIуцIунги бажаруларо. Роботазухъайин абуни, гьединал гIамалазе къимат кьезе малъун бажаруларо, кинабгIаги программаялъулъе гьел хасиятал ккезаризеги кIоларо.
Хъвавулги кIалзулги гьунар цебетIезаби, жамгIияталда цеве кIалъазе бажари, чиясухъ гIинтIамизе бажари – гьелги руго инсанлъун цIалдохъан куцаялъе кIвар бугел гIаламатал. Техникиял алатал гIемерлъаниги, чIагояб каламалъе лъимер ругьунлъула инсанасулгун гара-чIварулаго. Гьелъие хIажатал гIамалал малъунги бажаруларо роботазухъа. Психологазги абулеб буго, инсанасда лъикI ракIалда чIолила, учителас бицараб хабаралдасаги, дарсида букIунеб гьесул хьвада-чIвадиги, эмоциялги ва гьезулги кIудияб кIвар букIунила пуланаб дарс бокьиялъе яги бокьунгутIиялъе.