ГIужий босараб гьунар Ахирал соназда республикаялъул щибаб районалда гIуцIун рукIана пагьму-лъай цIикIкIарал, гьунар тIокIал цIалдохъаби цIалулел хасал группаби (центры для особо одаренных детей). Гьел рукIана муниципалиял лъай кьеялъул идарабазда гъорлъ, хасав нухмалъулевги вихьизавун. РукIана гьезул жидерго программаги, тартибги, цере лъурал масъалабиги. КIигогIан соналъ цебе ЛъаратIа гьединаб центр тIубанго къана. Щиб гIиллаха гьелъие ккараб? Гьеб...

