Харж цIикIкIина, амма экзаменги кьезе ккела

ТIоцебесеб иргаялда, январалдаса нахъе хIалтIизе буго «Росдал учитель» абураб программаялъул хасаб сайт. 

 

Гьелда рукIине руго 50 азаргоялдаса дагьав чияс гIумру гьабулел росабазулги гьенир хIажатал учительзабазулги хIакъалъулъ баянал. Гьел баяназда рекъон, учительзабазе рес щвела «Росдал учитель» абураб программаялда гIахьаллъизе.
Программаялда гIахьаллъизе бегьула 55 соналъул ригьалде рахинчIел учительзаби. ТIаса бищараб школалда хIалтIизелъун вачIун хадуб гьесул счеталде бюджеталдаса рехизе буго цо миллион гъурущ (Дальний Востокалъул регионалде арав чиясе – кIиго млн гъурущ). Школа-лъулгун къотIи-къай гьабун бахъинабизе ккола 20 июлалде щвезегIан. Гьедин гьабурав учителасул счеталде гIарац бачIине буго тIоцебесеб декабралде. Гьеб гIарцудаса налог бахъизе гьечIо ва учителасул ихтияр буго жиндиего бокьухъе гьеб хIалтIизабизе.
2012 соналдаго РФялъул президентас гъулбасараб законалда рекъон, учительзабазул харж рекъезабизе кколаан регионалъул экономикаялда ругел харжазул гьоркьохъеб къадаралде. Амма гьеб гьабун бажаричIо. Гъоркьиса батIи-батIиял идарабазги жамгIиялгун пачалихъиял гIуцIабазги гьарурал цIех-рехазда рекъон, гьабсагIаталда Россиялъул 40-ниги регионалъул учительзабазе моцIрое щола 15 азарго гъурущ гIечIеб гIарац. Гьелда бан РФялъул хIукуматалъ хIукму гьабуна учительзабазул моцIрол харжазул индексация гьабизе. Гьеб хIукмуялда рекъон, 2020 соналда харж цIикIкIинабизе буго 5,5 проценталъ ва 2021 соналда – 6,1 проценталъ.
Гьелде тIадеги, школалъул администрациялъул рес букIине гьечIо учителасул оклад дагьлъизабизе: 2020 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса нахъе гьеб букIине бегьуларо моцIрол харжалъул бищун дагьаб роценалъул (МРОТ) 200 проценталдаса дагь. РФялъул лъай кьеялъул министралъ лъазабуна, харжалъул 70 процент букIине кколила аслияб бутIалъун ва 30 процент – гъирабазабиялъул, ай дарсал тун бат1ияб хIалтIухъ кьолеб гIарцул бутIалъунин абун.
2020 соналда байбихьизе буго учителасул аттестациялъул цIияб къагIида хIалтIизабизе. РукIине руго киназего цогоял тIалабал. Гьелъул мурадалда къабул гьарун руго ЕФОМал – къимат кьеялъул цогоял федералиял материалал. Учителас кьолеб экзамен букIине буго лъабго бутIаялдаса гIуцIараб: хъвавулаб, дарсил видео ва гIадатиял гурел масъалаби тIуразари.
Хисулеб буго гIемерсонилаб хIалтIул стажалда рекъон пенсиялде иналъул къагIидаги (по выслуге лет). Масала, 2020 соналда пенсиялде унев учителасе пенсия кьезе байбихьизе буго лъагIелгун бащдаб араб мехалда (гьеб заманалда хIалтIизе тIадабги гьечIо гьесда).