Рагъул лъимал

Исана тIубала 75 сон КIудияб ВатIанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса. Гьелда бан, «ХIакъикъаталъул» редакциялъ лъазабулеб буго 5-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб «Рагъул лъимал» абураб темаялда хъварал творческиял хIалтIабазул къец.

Редакциялде ритIизе ккола 1939-1949 соназда гьарурал гIадамазул хIакъалъулъ хъварал макъалаби. Кинаб букIараб рагъул соназда гьарурал гIадамазул лъимерлъи? Кинаб кумек гьабураб гьез гIагараб колхозалъе, жидерго хъизамалъе? Кинаб гIумру бугеб гьезул гьабсагIаталда? Гьел ва цогидал суалазе цIалдохъабаз кьурал жавабал хIисабалде росизе руго, къецалде рачIарал хIалтIабазул хIасил гьабулеб мехалда.
Макъалаялда цадахъ чара гьечIого рукIине ккола суратал: авторасулги, макъалаялда бицен гьабулев чиясулги (лъимерлъуда бахъарабги жакъасебги).
Къецалда гIахьаллъизе гъира барал цIалдохъабазул хIалтIаби ритIизе ккола 20 маялде щвезегIан kavsarats@yandex.ru яги hakikat1917@mail.ru электронияб почалде.