ГIорцIарабги рахIатабги гIумруялъ кидаго гуро лъикIалде рачунел Интернеталдаса пайда босизе рес щваралдаса нахъе гIемерисезул гIадатлъун лъугьун буго тохтурасул малъа-хъваязул бакIалда интернет-сурсатал хIалтIизари. ХIалакълъизе бокьани къаси анлъго тIубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, пихъ цIикIкIун квине кколин, пиринчIул лъим гьекъейин Интернеталдасан бокьа-бокьарав чияс гьарулел малъа-хъваязухъги гIенеккун, цо-цояз жидерго сахлъиялъе зарал гьабула. Цо-цояз, хIалакълъизе бокьарал гIадамалги махсараде ккун,...

