ЧIужугIадан гIолохъанго йигебгIан, ЭКОялъул хIасилги лъикIаб ккола Щибаб анлъабилеб хъизан ГIемерал лъимал гьарулеб бакIлъун Дагъистан рикIкIаниги, нилъер гьанибги соналдаса соналде цIикIкIунеб буго лъимал гьаруларел хъизамазул къадар. Лъимал гьарулеб ригьалда бугеб щибаб анлъабилеб хъизамалъе гьабулеб гьечIо лъимер. Жакъайин абуни лъимал гьаруларезе рес буго пробиркаялда жаниб бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги жинсиял клеткаби цолъизарун лъугьараб хьонтIи чIужугIаданалъул тIончIорокъобеги биччан,...

