ХIалтIулъ батана талихI Жакъа республикаялъе чара гьечIого хIажат руго Дибировал гIадинал нухмалъулелги тохтурзабиги КигIан лъикIав тохтур вугониги, бокьарав тохтурасухъа гуро бажарулеб больницаялъе нухмалъи гьабун. Гьединасул букIине ккола камилаб гIакълуги, кьварараб гIамал-хасиятги, цогидаздаса тIокIаб кIваркьейги, сабурги, жавабчилъиги. БетIерав тохтур вукIине ккола жиндирго ишалъе ракI-ракIалъ ритIухъав, тохтурасул хIалтIул бугеб кIвар бичIчIулев, захIмалъабаздаса хIинкъуларев чи. Дир пикруялда,...

